Аслияб гьумералде

Дир лъимерлъиялъул макьу

Дир лъимерлъиялъул макьу
Дида мех-мехалда макьилъ бихьула
МагӀарухъ лъимерлъи араб дир росу.
Умумузул михрал гирулел тӀохал,
ТӀала-тӀабазухъан бурулел кӀкӀуял.
Дун гьавураб, гӀураб гӀадатаб мина,
ГӀодоб чӀабар лъураб чӀедераб рагъи.
ЧӀалукь чӀварал хӀубал, хӀет бараб рихьи,
ХӀатӀракьалъ къачӀарал къадазул рукъзал.
Къанал гӀодор ккурал къваридал къватӀал,
Къадал гьарун чӀварал ракул мачӀаби.
Росдахъ балагьараб накӀкӀил рохьосан
НигӀматлъун бачӀунеб бацӀцӀадаб гьава.
Бакъанилъ хараби, хадур гӀисинал
Харбие руссунеб росдал годекӀан.
Руччабаз къойилго къвалда гӀертӀал ран,
КъулгӀадул цӀорораб цӀолеб иццул лъим.
ЦӀвахӀди жаниб барал къебелъабахъан
КъватӀибе рагӀулеб, рикӀкӀаде гӀунтӀун,
РекӀкӀулел гӀертӀазда гӀужилго щолел
ГӀажаибал кверахъ куртӀбузул кӀутӀи.
КватӀараб сардилъцин ссунарел цӀаял,
СогӀал перелабаз пулеб цӀадул сас.
Къецал ран къойилго къубдузул гьецӀкъаз
Къебелъул лабчазда рачунел бакънал.
Росдал лъималазгун лъарахъ гьабураб
ХӀоринивги чвердон чваххукь ххулулеб,
Чияр хурзабахъа, гьудулзабигун
Гьалил лъоралги цӀун лъутулеб заман...
Лъимерлъи дир араб, умумуз тараб,
Урхъун дун рещтӀиндал ратула гьанже,
Рехун саназ тарал, сихӀкъотӀун чӀарал,
Сверун чӀар бижарал чӀунтарал рукъзал.
ЧӀалгӀен буссунареб росдал сверуда
Рихьуларо къватӀахъ дол къапилаби.
КъотӀун руго сасал, ссун руго цӀаял,
Свери-къоноялда къанщун буго нур.
РагӀуларо гьанже гьецӀкъазул гьаркьал,
ГьечӀо дол гӀадамал, гӀунун буго мегъ.
ГӀицӀго рохь бихьула буссун росдаде,
Бесдаллъимер гӀадин лъарал рагӀалда...

САГӀИД ОРДАШОВ, ИЧИЧIАЛИ РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...