Аслияб гьумералде

ГIицIал хIатIал рихьидал…

ГIицIал хIатIал рихьидал…
БачIун буго мода бохдул рихьулеб,
Рии-хаселалъе батIалъи гьечIеб.
БотIрол рас гьурщараб, габур баккараб,
Черх цебе лъураб ретIел ретIараб.
БачIун буго мода гIолил ясазе,
Къвалал гьечIеб гурде, къокъал юбкаби,
ЦIорол бералги ран чIухIун хьвадулеб.
Кибе рехун тараб доб кIудияб кIаз,
Габур-бетIер бахчун умумуз чIвараб.
Кибе рехун тараб гIатIидаб горде,
Лага-санги бахчун улбуз ретIараб.
Киб кIочене тараб доб рахьдалаб мацI,
ГьоцIогIан гьуинго улбуз малъараб.
Кибе рехун тараб магIарул намус,
Ничалъ рачелги къан къулун хьвадараб.
Гьал нахъзаманалъул загIипал лагъзал,
РачIа нилъ кантIизин, диналъул яцал.
Аллагьасул шаргIги щулаго кквезин,
ХIабибасул суннатги свине теларин.
БецIаб сардилъ цIвагIан бацIцIадго щвараб,
Динул исламалъул къимат гьабизин.
Берцинго хьвадизин умумул гIадин,
Илбисалъ къвалги бан чIухIун хьвадизе
Дуца ниж риччаге, я ХIаюн Къаюм.

МУХIАММАДИЛ ЯС ПАТIИМАТ КЪУЛЕЦIМА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...