Аслияб гьумералде

Тамашаяб заман

Тамашаяб заман

Тамашаяб заман
Гьаб цӀигӀуцӀиялъул цӀияб гӀумругун
ЦӀар лъезе лъалареб бачӀана заман.
Заралал гӀемераб, гӀадлу биххараб,
ГӀадан учузлъараб, чилъи тӀагӀараб.
Чангиял чиназе час ккун хьвадулеб,
ЧитӀир гьабун гьезда сверун сентӀолеб.
Сахалщинал рищун ракьулъ тӀупараб,
Ракьалда хутӀарал халват ккун чӀараб.
Хвалил къимат хвараб, хвелалъ къор гъураб,
Къваридал камияз керен унтараб.
Каранда накӀкӀ тӀупун тӀелхал риччараб,
ТӀолабго гӀумруго гӀаксалда ккараб.
ТӀабигӀаталъгицин гӀамал хисараб,
ГӀумру ццидаллъараб, ццин гӀедегӀараб.
Цоял зигаразда, цоял залазда,
Заманалъул гӀайиб гӀиллалъун ккараб.
Гьаб хиса-басидул чурулъе ккараб,
Чара тӀагӀиналде тӀадежоялъе,
ТӀолабго дуниял данде чӀаниги,
Дару батулареб унти тӀатараб.
Огь, тамашалъи гьаб заманаялъул,
Зиярат гьукъараб, тазият къараб.
ТалихӀ къосун къисмат къотӀуде ккарал,
Къокъид тӀоритӀулеб тӀаса-масаго.
ТӀолазго какулеб кепказул заман,
Кинаб цӀаргӀагидай цӀунун бугеб дуй?
ЦӀогьазе мукӀураб, цӀумазе кьогӀаб,
ЦӀар тарихалъ кьела дуй мустахӀикъаб.

САГIИД ОРДАШОВ, ИЧИЧIАЛИ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...