Аслияб гьумералде

КантIизаре, Аллагь ﷻ

КантIизаре, Аллагь ﷻ
Бицараб гIоларо гIадамас рагIи,
Бицараб рагIуда нахъа чIечIони.
Гьабураб гIоларо чидае къотIи,
ТIубазе ниятгун гъорлъ лъугьинчIони.
АхIарал гIоларо гьоболлъухъ чагIи,
Гьоболасул адаб кквезе лъачIони.
Гьабураб гIоларо чидай гьоболлъи,
РакI бацIадаб ният дур гьечIонани.
Босараб гIоларо чидахъа налъи,
Налъи тIубазелъун мун къеркьечIони.
Бегьараб гIоларо кумекалъе квер,
БадибчIвай гьабизе хивал кканани.
Вуссарав гIоларо мун гIадамасде,
Дурго хьулал тIуран ракI буссанани.
Гьабураб гIоларо берцинаб гIамал, 
Гьелда хадуб квешлъи гьабун анани.
Абураб гIоларо берцинаб рагIи,
Гьабулеб пишаялъ инкар ккунани.
Банилан гIоларо къойил щуго как,
ГIадамасул керен дуца лъукъани.
Кьунилан гIоларо дуца садакъа,
Рихьдае гьабулеб гIамал бугони.
Бицунин гIоларо доб сабруялъул,
Балагь рещтIаралъуб гьабичIонани.
Киналго гIузраби чорхолъа унел,
Гьабулеб гIамалалъ гIибадат ссунел.
ГIамал бихьун балагь тIаде бачIунел,
КантIизаре, Аллагь, гьал ниж киналго.

ПатIимат ГIабдулаева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...