Аслияб гьумералде

ГIабдулжалил-афанди (къ.с.)

ГIабдулжалил-афанди (къ.с.)

ГIабдулжалил-афанди (къ.с.)
Зодисан бачIунеб илагьияб нур,
Иман загIипазул рекIелъ рещтIине.
Ракьулъан баккараб рахIматалъул ицц,
Къечараз гьекъани Алжан бихьулеб.
Нижер талихIалде рагьараб нуцIа,
Рагьун жанив щварав рекIекълъулареб.
Нижер гIумруялде баккун щвараб бакъ,
Къимат тIадегIанас сайгъат гьабураб.
Мун нижер хирияв, рухIияв Эмен,
Аман дуе анищ нижерги гIумру!
Даруяб пихъ кьолеб кьалбал гIарцул гъветI,
Аман даим анищ мун гьаб ракьалда.
ГIурччинлъи баккидал ракь берцинлъула,
РакI дуца къачIайдал гIумру гвангъула.
ЦIваби хадур цIазе моцI къваригIуна,
Къамарлъун вуго мун муридзабазе.
ГIумру халалъаги, хирияв муршид!
Чорокаб напсалъе гIадлу гьабизе.
Сахлъи щулалъаги, вокьулев устар!
Унтарал нижее дару гьабизе.

РАИСАТ БАТАГIАЛИЕВА

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...