Аслияб гьумералде

РабигIул аввал моцI

РабигIул аввал моцI

РабигIул аввал моцI

ГIаламалъул хирияв,

Халкъалда загьирлъараб,

ЛъикIал моцIазул цояб,

Гьале тIаде гIунтIана.

 

Аллагьасе вокьулев,

Ракьалде жив вачIараб,

БачIун тIаде рещтIана,

РабигIул аввалаб моцI.

 

Нилъер хирияв ХIабиб,

Дунялалде лъугьараб,

РабигIул аввалалъе,

МархIабаян абизин.

 

МархIаба, хирияб моцI,

Расул гьавун хадуса,

КагIбаялъул рукIарал

Хъанчал кIихIи рекараб.

 

Расул, нилъер авараг,

АнцIила кIиабилеб

Итниялъ гьавунилан,

Буго рехсей гьабулеб.

 

Гьавураб сагIаталда,

Суждаялда речIчIарав.

Уммат хвасар гьабеян,

Аллагьасде гьардарав.

 

Гьавураб къоялдаса,

Къанщун берал инегIан,

Умматалъул ургъалилъ

ВукIарав нилъер ХIабиб.

 

ХIабибуЛлагьги вокьун,

Свалат гьесде битIани,

Буго гьесул рахъалъан

ШафагIаталъ росиги.

 

Гьединав ХIабибасул,

ХIалкъай гьабун данделъун,

Досул бицен гьабуни,

Баракат нилъей щвела.

 

Щивас жиндирго рокъоб,

Рукъалъул агьлуялъе,

Аварагасул бицун

Берцинаб мажлис гIуцIе.

 

Данде руссун авараг,

Веццун мавлид ахIизе,

ХIалкIоларел гIадамаз,

БитIе гьесде салават.

 

Салават гIемер битIун,

ТIагьал суннатал тIуран,

ТIобитIе бусурбаби,

БачIараб хирияб моцI.

 

БетIергьан разилъила,

РасулуЛлагь вохила.

Гьесул баркат, шафагIат,

Щвеялде хьулги лъела.

 

ЛъикIал гIамалал гьарун,

Гьаб РабигIул аввал моцI,

Берцинго тIобитIизе,

ТIадегIанас хIал кьеги.

 

ХIабибуЛлагь рехсезе,

Свалат гIемер битIизе,

Суннатал гьесул кквезе,

Кумек РахIманас кьеги.

 

Амин, Аллагь, я Аллагь!

Амин, Аллагь, я Аллагь!

Къабул гьабе БетIергьан,

Гьабураб гьаб дир назму.

 

МухIаммад Ражабов,

ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...