Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул Раис

ГIалимзабазул Раис

ГIалимзабазул Раис,

Расуласул ирсилав,

Исламалъул цевехъан,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Иман щула гьабулев,

ИхIсан камил гьабулев,

Аслу-фаргIал ц1унулев,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Икълималда нур барав,

Баракатал гIемерав,

ГIелмудал керен ц1урав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

ГIалимзабазда гьоркьоб,

РагIи цойиде ккезе,

ГIузру къабул гьабулев,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Питнаялъе нух къарав,

Къварилъаби хIехьарав,

ХIасадчагIи гIемерав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

ХIакъаб баян гьабизе,

БатIулаб къезабизе,

Къуват Аллагьас кьурав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Вилаят камиллъарав,

Камалат якъинлъарав,

КъутIбаният хIакълъарав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Фирасат сахIихIлъарав,

Сайру-сулук тIубарав,

ТIагьаде нисбат щварав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Аллагьасул шаргI ккурав,

ШафигIасул нух ккурав,

Накъшубандияв щайих,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Машрабалде щвараб халкъ,

Иршад гьабеян тарав,

Шазилиязул вакил,

Вуго АхIмад-афанди.

 

МахIаббатан ахIулев,

Хӏикаятал рицунев,

Васиятал гьарулев,

Вуго АхIмад-афанди

 

МахIамидал малъулев,

Макаримал рехсолев,

НасихIатал берцинав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Сиясат маслахIатав,

Танбигьал мунфагIатав,

ГIамал-тIабгI ТIагьаясулﷺ,

Вуго АхIмад афанди.

 

Ишараби хIикматав,

ХIукмабазулъ мухIканав,

Макъалаби гIакъилав,

Вуго АхIмад афанди.

 

ВатIан тӏегьазабизе,

Мажалисалги гӏуцӏун,

Жагьлу нахъе хъамулев,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Магъриб-машрикъалде щун,

ДагIваталъул аскаргун,

"Ассалам" тIибитIулев

Вуго АхIмад-афанди.

 

Фарукъ ГIумар кинниги,

РекIелъ инсаф бугезе,

Амру-нагью гьабулев,

Вуго АхIмад-афанди.

 

ИнкарчагIазул гIадад,

ГIемерлъи хал гьабуни,

Халидшагьасда релълъун,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Дунялалъул къутIбул-гъавс,

СагIид-устаргун цадахъ,

КагIба-рокъоб как барав,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Шазилиязул имам,

Сайфуллагь-къадиясда,

Къисмат релълъарав муршид,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Хучадаса КIудияс,

Ясалда бицун тарав,

Нахъзаманалъул устар,

Вуго АхIмад-афанди.

 

Нахърилъарал гIадамал,

СагIадат щун рохулев,

ГIурватул вускъа вуго,

Дагъистаналъул муфти.

 

МухIаммад, Тӏелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...