Аслияб гьумералде

ЦIуне, магIарулал, миллаталъул мацI

ЦIуне, магIарулал, миллаталъул мацI
КъотIнор данде ккарал гIисинал лъимал,
ГIурус мацI бицунел рихьараб мехалъ,
Рахьдал мацI хвеялда хIинкъи бугеблъи,
ХIакълъун баянлъана, божилъи хутIун.
Инсанасул миллат батIа гьабулеб,
БутIадул аслулъун ккола рахьдал мацI.
Миллаталъул махIги, яхIги, намусги,
Надирлъун хутIула хвезе тани гьеб.
Хазиналъун нахъе умумуз тараб,
Ирсалъул бутIалъун батараб талихI.
БахIарчилъиялъул бицен бечедаб,
Биччаге кIочене кIвар гьечIого тун!
Эбелалъул рахьгун чорхолъ бессичIеб,
Чияр мацIалъ рекIей асар кьоларо.
Улбуца кинидахъ кучIдул ахIичIеб,
Куцан чиясул гьелъ камиллъуларо.
Жидерго мацIалъе хилиплъараб къавм,
Къисмат хиянатлъун хола гIадада,
Хадусел гIелазул таварихалъулъ,
ТалихIалъ мугъ бала миллаталдаго.
Малъе, магIарулал, лъималазда мацI,
Лъазе гьезда нилъер мугIрузул тарих!
Тоге мукъсанлъизе миллаталъул цIар,
Миллат билараца бичулин ВатIан!
Бице, магIарулал, миллаталъул мацI,
МугIрул иццул гIадаб чвахи бацIцIадаб!
Чиясул гIаданлъи, гIамал, берцинлъи,
Борцунеб роценлъун кколин рахьдал мацI!

САГIИД ОРДАШОВ, ИЧИЧIАЛИ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...