Аслияб гьумералде

Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI шагьру рамазан

Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI шагьру рамазан

Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI шагьру рамазан

Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб,

Баркатал гIемераб шагьру рамазан,

БачIараб лъачIого къокъулеб бугин.

Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб,

МустахIикъаб дандчIвай кIвечIин гьабизе.

Къуръан жинда жаниб рештIараб щагьру,

Щвалде щвараб хъулухъ лъачIо гьабизе,

Лайлатул къадриги жаниб бахчараб,

Хазина рагьизе ратичIо кIулал.

Алжан ричIаниги, жужахI къаниги,

Жан-къуватго гIечIо гIибадаталъе.

ЩайтIан бухьаниги напсалъ квегъиялъ,

Кодобе босизе гIамалго щвечIо.

КваначIо, гьекъечIо кIал ккун бугилан,

КIалъачIого чIезе гьунарги гIечIо.

ГIадат хIисабалда тарахIги бана,

Таргьиниб ккараб жо гьелъулги ккечIо.

Азарго моцIалъул хиралъи щолел,

Хириял сардалги кьижун риччана.

ШамгIунил гъазават рокъобго щолес,

Ярагъги борчичIо, напсги гъуричIо.

Къварилъун пайда щиб, гIодун хайир щиб,

ГIайиб чIвазе чиги дунго вугелъул,

Къо-мех лъикI, Къо-мех лъикI шагьру рамазан,

Мунго ананиги баркат баркат хутIаги.

Къо-мех лъикI, къо-мех лъикI, хадуб мархIаба,

Хадусеб соналъги хехго бачIайги.

ХадуйсалалъгIаги дуй хъулухъалъе,

 Халикъас къуват кьун, тавпикъ гьабеги.

ЗагIипал нижерги анищ букIуна,

Къабулазда гьоркьор малъун телилан.

Тохал ругониги гIибадаталъе,

Къудратав Аллагьас рохизарилин.

 

ХалидасхIаб Маматханов,

Болъихъ район РикIкIваниб росу.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...