Аслияб гьумералде

Аллагьас цIунаги…

Аллагьас цIунаги…

Аллагьас цIунаги…

Аллагьас цIунаги нилъ цIаялдаса,

ЦIадаре нилъ унеб гIамалаздаса,

ГIадлу лъикIаб гьечIеб хъизамалдаса,

Заралалъе вугев гьудуласдаса.

 

Аллагьас цIунаги квешлъабаздаса,

Квешалде рачунеб пищабаздаса,

ГIадан-иблисалъул заралалдаса,

Дуде гIасилъулел хиялаздаса.

 

Аллагьас цIунаги гIазабалдаса,

ГIадамазе бугеб заралалдаса,

Жаниса чорокал гIагараздаса,

ХIилла-рекIкI гьабулел гIадамаздаса.

 

Кинабго бихьулев БетIергьан Аллагь,

Гьари Дуде буго, божиги буго,

ЛъикIаб гьабизеги квешаб тезеги, 

Дуца кумек гьабе, РахIману РахIим.

 

Иблисалъул агьлу аскIой биччаге,

ХIилла-макру бугел рикIкIадги гьаре. 

Хъизан-лъимал - нижер, амма лагъзал дур,

Дуца цIуне, Аллагь, мун гурхIа, Аллагь.

 

Салимат Шабанова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...