Аслияб гьумералде

КъвакIараб гъветIгIадин чIа

КъвакIараб гъветIгIадин чIа

КъвакIараб гъветIгIадин чIа

Исламалъул нухалда хIули гIадин рукIунге,

Къосиналъул гьороца бокьаралъуре пуйзе.

ХIули хвасарлъуларо дагьаб гьури бугони,

Амма питнадул гьурал лахIзаталъги дагьлъичIо.

 

ТIамах гIадин вукIунге, къвакIараб гъветIгIадин чIа,

Кьалбал гъваридго риччан диналъулъ щулалъизе.

Босе кодобе гIазму, бацIцIадаб гьабе ният,

Аллагь дир къасд вугилан, разилъи тIалаб гьабе.

 

ЗахIмалъигун къварилъи гьечIого рукIунаро,

Балагь щведал бихьинлъи загьир гьабизе ккола.

УхIудалда Гьинд гIадин, бихьинал тIурулаго

Ханжар босарай кодоб, гьелъукьагIаги неча.

 

Исламалъул нухалда хIули гIадин рукIунге,

ТIубай бачIараб амру, тIад кIалъай гьабичIого.

ХIакъикъатги ккун рукIа, питнаби щай нилъее,

Питнаялъул цIар щвани бацIцIине захIмалъулин.

 

Адам ХIамзалаев, Ленинаул росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...