Аслияб гьумералде

ГIумрудул хIисаб

ГIумрудул хIисаб

ГIумрудул хIисаб

Хабалалъ, рагIалда, гIодовги кIусун

ЦIакъ хIисаб гьабула унеб гIумрудул,

ГIадамазда лъурал ругъналги рикIкIун

КIаркьатIе тIинкIула тIоцебе магIу.

 

ТIурачIел анищал ракIалдеги щун

РакIбакъван лъугьуна, лъим батуларо.

Лъукъарал курмузе калам гьабизе

Гьанже аскIов кIусун чи ватуларо.

 

Чилъи чармил бугел бахIарзабазда

Бицун бахъиналде байтал ричIчIула,

РечIчIун нужедехун чIор дир батани,

ЧIорого теларо, рачIа аскIоре.

 

КIудияз абураб берцин гьабуни

Баракат щолеблъи щаклъи гьечIеб жо.

Щукру гьабунагIан нигIмат цIикIкIунин

ЦIалдолел чагIазда гIемер батула.

 

Шамил Къебедов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...