Аслияб гьумералде

Дицаги баркула бусурбабазда

Дицаги баркула бусурбабазда
Дицаги баркула бусурбабазда
Бищунго хирияб гIидалъул байрам!
Цингиги гьарула БетIергьанасда
Къабул гьарейилан хъурал къурбанал!
Хириял къояца ккурал кIалазул
Рамазан моцIролгIан цIикIкIаги кири!
ГIидалъул каказул щибаб хIарп рикIкIун
ХIеж борхарабгIадаб щваги баракат!
Хъураб хIайваналъул щибаб рас рикIкIун
Росе, ТIадегIанав, тIаса балагьал!
Бидул къатIра рикIкIун, къудратав Аллагь
Гьарула чуреян нижер мунагьал!
Бачараб такбиргун, садакъа-къулгьу
Къварилъи нахъчIвалеб сангарлъун чIаги!
Хириял къоязул лъикIал гIамалал
ГIасиял кантIизе мисаллъун ккаги!
Дин-ислам цIунизе рухIгин-жан кьолел
Кьеги нужой талихI, тайги нуж роххун!
ТIолго бусурбаби цолъизаризе
Кьеги нужой къуват, къин гьечIеб сабру!

ИГЬАЛИСА МАГЬДИ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...