Аслияб гьумералде

Дир гIолохъанлъи ана...

Дир гIолохъанлъи ана...

Дир гIолохъанлъи ана, бетIер хъахIлъана,

Дир гIолохъанлъи ана, мегеж чарлъана,

Дир чорхол тату хвана, хивал хIорго хутIана,

Хвалие хIадурлъизе чарагьечIолъи ккана.

Чиядасан гьабураб гъибат-бугьтан гIемерлъун,

ГIемер тавбу гьабизе хIажатавлъун дун ккана.

ХIарамалде балагьун бераз мунагь гьабурав,

Гьалдолеб жужахIалъув ккелилан хIинкъун ккана.

ЖахIда-хIусуд, хIалхъублъи лъикIаздехунги гьабун,

ЛъикIабщинаб дир гIамал гьезий насиблъун ккана.

Лъалебги лъаларебги хабар бицун гаргадун,

Гьелъул жаваб кьезеги дир габуралде ккана.

ГодекIанив кIалбазар - кIиго рагIул гьумерчи,

Чан дун гIадинав гIабдал гIайибалъе хIакълъарав.

Бихьанщинаб бицунев, рагIанщинаб гьурщулев,

Щибдай лъела дида цIар, лъалев чи вугищ нужер?

ЛъикIлъиялда даимлъун лъикIаб гIамал гьабуни,

Лъиегоги хIакъаб жо, лъикIаб цIар щвезе буго.

Щвара-щварабги гьабун гьава-напсгун хьвадани,

Хьул лъезе бакI гьечIо дир дунял-ахираталда.

КЪЕБЕДОВ ГIУМАРАСХIАБ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...