Аслияб гьумералде

Бокьула мун нижей

Бокьула мун нижей

Божигун, рохелгун щвараб батаги,

Баркатал чвахулеб тавпикъалъул моцI.

Имангун, Исламгун нуралъул цIураб,

ЦIоб гIатIидаб нижер шагьру-Рамазан.

Къуръанал цIалулеб, таравихI балеб,

СухIуралде рахъун рогьел цIилъулеб.

Мунагьал чурулеб, шайтIан тIурулеб,

Сардилъ тIаде рахъун Аллагь рехсолеб.

ДугIа къабулазул къокъилъ ватулев,

Рамазан моцIалъул хIурмат гьабулев.

ХIалихьат-нафсалде дандеги вагъун,

Ракъи-къечалъ куцан кири босулеб,

Бокьула мун нижей, шагьру-Рамазан.

Ражаб-ШагIбаналда хадуб бачIунеб,

Огь, Рамазаналъул бугеб баракат.

Аллагь разилъулеб гIамал гьабизе,

Рамазан моцIалъул парзал тIуразе,

Лайлатул къадриги кIодо гьабизе,

ГIаламалъул Аллагь, нижей квербакъе.

 

 

МухIаммадхIабиб СагIидов,

КIуяда росу.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...