Аслияб гьумералде

Дуде рокьи гьечIеб ракI хIажат гьечIо

Дуде рокьи гьечIеб ракI хIажат гьечIо

Дуде рокьи гьечIеб ракI хIажат гьечIо

Дир беразул канлъи, АхIмад-афанди,

Дур нур бихьуларел берал щибизе.

Дир черхалъулги рухI, КъутIбу замани,

Духъ гIенеккуларел берал щибизе.

 

Рокьаралгун цадахъ тIаде рахъиндал,

Дуде рокьи гьечIеб ракIги щибизе.

ЦIодорал чагIиян гаргадулезе

Пикру мекъи ккараб гIакълу щибизе.

 

Дин бокьарал васаз сайидлъун ккурав,

Ислам рихаразе бадиб заз гIадав.

Гъибат-бугьтаналда, кепалда ругел

Мунапикъзабиги загьир гьарурав.

 

Бусурбанчиясе кумек гIемерав,

ДагIват гьабулезе квербакъи цIакъав.

ГIалимзабазеги мугъчIвалеб хIуби,

ГIибадат гьабулез мисаллъун ккурав.

 

Заман ахирлъидал, дунял бецIлъидал,

Диналъе бижараб гвангъараб чирахъ.

Дур канлъи нижее даим хутIаги,

ТIагьал ﷺ ирс босарав хIакъав халифа.

 

Халалъаги гIумру, вохун хутIаги,

Щулияб сахлъи кьун, разиго таги.

Анбияъ-русулаз нафси ахIидал,

ШапагIат гьарула, ниж, пакъиразе!

 

 

ХасмухIаммад РикIвани

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...