Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ гуреб гьабуге лагълъи

Аллагьасе ﷻ гуреб гьабуге лагълъи
Инсан, дуе Аллагьас кьун бугебщинаб нигIмат,
Чохьое лагълъи гьабун тIувалевищ жакъа мун?
Къойил хIалхьудаги чIун, хъизан-лъималги кIочон,
ХIайван гIадин вукIине ихтияр лъица кьураб?
Балагьизе берал кьун, вилълъине хIатIал рижун,
ХIалтIизе кверал кьурав, Бичасе гьабе лагълъи.
КIалъазе дуй кьураб мацI, ботIрое кьураб гIакълу,
ГIаданлъи, адабги тун бегьилищ мун хьвадизе?
ТIалаб гьабе боцIи-мал хIалалаб нухдаса ун,
ХIилла-рекIкI гьабичIого, Аллагь ракIалдаги ккун.
Гьабуге дуца лагълъи тIад вугев хIакимасе,
ЗагIипав, хIал дагьавин къабихI гьавуге инсан.
РакI букIкIунеб каламгун кивго цеве вахъунге,
Хвезе вукIин кIочонге, Аллагь вугин валагьун.
Бечелъи, чин бугесе чIваге дуца накаби,
Чилъи чорхолъги цIунун гьабе Бичасе лагълъи.

Низамудин Гъазиев, ЦIолода Росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...