Аслияб гьумералде

МархIаба рабигIул аввал

МархIаба рабигIул аввал

МархIаба рабигIул аввал

Ассалам гIалайкум,

РабигIул аввал.

Мавлидазул моцIан

ЦIар тараб шагьру.

 

Воре, бусурбаби,

Гурея гъуждул.

Мавлидал ахIизе,

ХIабиб вохизе.

 

Ният бацIцIад гьабе

Хирияб уммат,

Хирияв авараг

КIодо гьавизе.

 

Исанаги гьаб моцI

ЧIаго бихьилин,

Дирни хьул букIинчIо,

БитIун бицани.

Араб къойил гуреб

Божиго гьечIеб,

Заман бугин бачIун,

Воре, тохлъуге.

 

Ресалда рекъараб

Садакъа гьабун,

Свери гIатIид гьабун,

Мавлидал ахIун.

 

ХIабиб разилъулеб

ГIамалал гьарун,

ТIамизинха нухда

РабигIул аввал.

 

ХочI-хабар жибго тун,

Салават битIун,

Барщаралгун рекъон,

РакI гIатIид гьабун.

 

ГIатIидаб гьаб дунял

Къокъаб жо букIин,

Къваридаб доб лахIту

Цебе чIезабун.

 

Нилъ чIаго ругелъул,

АлхIамдулиллагь.

ХIабиб разилъулеб

Гьабилин гIамал.

 

Барщаралгун рекъе,

Къурал жалго те.

Зулмучи ватани,

Тавбуги гьабе.

 

Бечедал ратани,

Воре, чIухIуге.

Мискинлъи бищанин

ХIабибас тIаса.

 

Воре, мискин-пакъир

ХIакъир гьавуге,

Нилъер ХIабибасе

Гьел рокьулаан.

 

Кьейги нилъей иман

Аллагь разияб,

Авараг гьавураб

МоцIгун дандчIвазе

 

 

Ханзадай Сулейманова, ХIебда росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...