Аслияб гьумералде

Киб къваригIаниги къуват батулев

Киб къваригIаниги къуват батулев

ГIузрабазул цIураб Дагъистаналда

Дарулъун вижана АхIмад-хIажияв.

Жагьиллъи халкъалъул лъугIизабизе

ЛъикIав имам щвана, щукру Бичасе.

 

Иман-исламалъул рукнаби малъун,

Муридзабазул хIал хIадур гьабулев.

Муфтияталъул ракI, рухIияб къуват

Къвин гьечIеб беролеб бацIцIадаб рахIмат.

 

Берцинаб тIабигIат, магIнаяб калам,

РекIелъе бортулеб вагIза-насихIат.

Кумек хIажаталъун хIадурго щолев,

Киб къваригIаниги къуват батулев.

 

Исламалъул вацал цоцалъ гъункизе

Кидаго ккун бугеб гIурччинаб байрахъ.

ЦIуне, Аллагь, Дуца Дагъистанилан

Даимго гьабулеб гьари Бичасде.

 

Исламалъул нухда бакараб чирахъ,

Мисаллъун вуго мун гIолеб гIелалъе.

ГIакълуги сабурги ва гIадатлъиги, -

ГIелаз-гIелазухъе кьеги ирсалъе.

Нилъер умумузул исламияб цIар,

БацIцIадго цIунана Дагъистаналда.

Дур хIаракаталда къватIиб биччараб,

«Ас-салам» гIеларищ, гIалам кантIизе.

 

Магьди имамасе салам кьезегIан

Кьейги Бичас дуе дагьалги сонал.

Исламалъул нухда нур базабизе

Гьарула дуй сахлъи, АхIмад-хIажияв.

 

 

ХIамзат ХIамзатов,

Зивуриб росу, шамил район

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...