Аслияб гьумералде

Жакъа чIагоялгун, метер хваралгун

Жакъа чIагоялгун, метер хваралгун

 

Жакъа чIаго вуго хваразда цеве,

Дица гьазий дугIа гьабулеб буго.

Метер хвезе ирга дидеги щвела,

Дирги цIар хваразулъ даимго хъвала.

 

Дир гIумрудул къоял тIагIунел руго,

Ахираталъул рукъ балагьун буго.

Бокьун гьечIо хвезе, рухI хира буго,

Абадиялъ дунял дие кьун гьечIо.

 

ГьитIинаб лъимерлъи, эбел-инсул рукъ,

ГIанчIаб гIолохъанлъи, гIумрудул нухал.

Росдал гIадамалгун магIарда, хурив,

Херлъи бачIун щвана, ана дир гIумру.

 

ГIизраил малаик щвела дихъеги,

Дунялалъул канлъи дихъа бахъила.

Росдал хабзалазда хоб дий бухъила,

Дида букIараб цIар зонода хъвала.

Тухум-кьибилалъе дир цIар цIилъизе,

Цоги вас вачIина дуниялалде.

Замана сверила, гIелал хисила,

Харбие хутIила дирги доб гIумру.

 

Дица чIаго толел нужеде гьари,

Хварал дугIа камун нужеца тоге.

Метер хвалил ирга нужехъги щолин,

Дунял гьаниб тезе хIадур рукIа нуж.

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...