Аслияб гьумералде

Муфти КIудиясде

Муфти КIудиясде

Муфти КIудиясде

Балагье, гIолилал, гIинтIаме, вацал,

Ахирзаманалъул гIаламат бугин.

Цо вугев амир тун тарарал васаз,

Улка бикь-бикьизе жигар бахъулеб.

 

Амирул муъминин имамул уммат,

Нилъер муфти вуго хIакъав муршидлъун.

Гьесде жахIда бугел хIал хъубал васаз,

Месед мекъаб букIин чIезабулеб куц.

 

ГIажаиблъизеги ккараб жо гуро,

Питнаби гIемерал рукIине руго.

Жагьилчияс зарал гьабизе гьечIо,

ЦIалунчияс буго дин хвезабулеб.

 

АхIмад-хIажи устар, нижер цевехъан,

Жиндирго ургъел тун нилъей ракI кьурав.

Дур нух ХIабибасул Бичасде щолеб,

Дуда нахъчIанани нижги хIакъалда.

 

ХIалихьатас какун мун дир бадиве,

ЧIегIерлъизе гьечIо, кунчIун гурого.

Беццас гьечIин абун бакъги ссунаро,

ГIинкъас дагIба банин гьаракь къунаро.

 

Ахирисеб хIухьел битIун бокьарас,

Кквейин абе щула иршадалъул нух.

Ла илагь илла Ллагь - ахир хIухьлада

Абизе бокьани, кквей муршид дуца.

 

Хвасарлъиялъул нух жакъа заманалъ

Муфтиясул нухда - муфтият буго.

Гьеле «НухIил гама», раха нуж тIаде,

Питнаялъул «тIупан» тIаде щвелалде.

 

 

МухIаммад НурмухIаммадов,

ГIахьалчIи росу.

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...