Аслияб гьумералде

Миллаталъул церехъаби

Миллаталъул церехъаби
Ракьулъ кьалбаз гъветӀ гӀадин,
Гъункун росу-ракь ккурал,
РукӀуна жиб-жиб бакӀалъ
Жигарал церехъаби.
Цо рахънисан лъим гӀадин
ЛъикӀлъун гӀумру чвахизе,
Чангиял сахаватго
Свак лъачӀого къеркьола.
Саказ кьоял кинигин,
Кьурабаз мугӀрул гӀадин,
МагӀарул тӀабигӀатгун
ТӀолго миллат гьез ккола.
МугӀрузул гӀадаталги,
ГӀаданлъи, яхӀ-намусги,
Ясбер гӀадин цӀунулел
ЦӀумал, мугӀрул гьел ккола.
ЦӀвабилъун кунчӀи бакун,
Канлъи халкъалъе кьолел,
Хадусел наслабазе
НасихӀатчагӀиги гьел.
Нусраталъе хӀадурал,
ХӀалаеги гӀедерал.
ХӀасилаб хӀалтӀиялъул
ХӀаракатчагӀиги гьел.
ХӀажаталъур ратулел,
Тухалалъе рортулел,
Тарих бечед гьабулел
Багьадурзабиги гьел.
БетӀергьанас гьунар кьун,
Гьаб ракьалде ритӀарал,
РитӀухълъиялъул нухда
Нур балел бахӀарзал гьел.
Квералда килщал гӀадин,
Киналго гьел цолъани,
Цониги къуваталъ нилъ
Къуркьизе гьариларо.

САГӀИД ОРДАШОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...