Аслияб гьумералде

ГIумрудул нухал

ГIумрудул нухал

ГIумрудул нухал

Аллагьас нилъее кьураб гьаб гIумру,

МагIарде рахунеб нухда релълъуна.

Жакъа цо гали лъун, метер свери тун,

Тирун ун рахуна гIумрудул гохIде.

 

Щивав инсанасе Аллагьас сонал,

Зарраялда хъвала гьел рижилалде.

Борхалъуде унел гIумрудул сонал,

Сверула къокъазде ва халатазде.

 

Цо-цо инсанасул гIумрудул къоял,

Канлъи бихьичIого берал къанщула,

ГьитIинлъи, лъимерлъи гIанчIлъи щвечIого,

ГIодулей эбел тун вачуна хвелалъ.

 

ГIолохъанлъиялъул къуват чорхолъгун,

Чармил ракI бугелги ккола кIичIикье.

Хъизан-лъимал гьарун рохун рукIарал,

Ракьул чохьонир лъун рихьулел гьечIищ?

 

ВатIаналъе гIоло, диналъе гIоло,

ГIодобе би тIола шагьидзабаца.

Аллагьас гIумру кьун херлъи бачIарал,

Беццал, гIинкъал лъугьун хIал тIагIун хола.

 

Сонал гIемерал кьун гIумру бихьарал,

ГIумрудул тIогьазде тIаде рахуна.

Дунялалъул тIагIам гьелъул берцинлъи,

Доба нахъаги тун рагIалде щола.

 

Нилъер гIумруялъул хIисаб гьабидал,

Бихьизе берцинаб дунял гьечIищ гьаб?

Пикру гьабуразе гьаб нилъей гIумру,

Аллагь вокьизелъун кьун бихьуларищ?

 

Кинабго дуниял, гьалъул хIикмалъи,

ХIалкIолев Аллагьас бижи хIакълъула.

Дунялалъул берцинлъи, гьелъул бечелъи,

Аллагь, Дур къуваталъ кьун буго нижей!

 

Дунялалда къоял дагь жидей кьурал,

Мунагь-хатIа дагьгун хвел щварал руго.

ГIумрудул сонал кьун дунял бихьарал,

Аллагьасе тIагIат гьабизе тарал.

 

Гьаб берцинаб дунял нилъее кьурав,

Аллагьасе хIелун дугIа гьабилин.

ГIумруялъул нух тун борхалъи щварал,

Тавбу къойил гьабе БетIергьанасе.

 

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...