Аслияб гьумералде

Тавбуялде рачIун лъикI

Тавбуялде рачIун лъикI

Нижеда тIаса лъугьа, тIадегIанав БетIергьан,

ТIабигIиял балагьал рикIкIад гьаре, я Аллагь.

Ниж, щибниги лъаларел, лъавукъал муъминзаби,

Лълъел балагьал тIаде щун, тIерхьинаруге, Аллагь.

 

Жакъа Дагъистаналде бачIараб къварилъиялъ,

БичIчIана киназдаго дур хIалкIолъи, БетIергьан.

Хинаб почохъ рукIарал, ракIал риццат гьарурал,

Цо сагIаталда жаниб хисун рехана къисмат.

 

Балагь тIаде щварабго гьардола Аллагьасде,

Ургъелалъ къвал жемидал хIалтIула ботIролъ пикру.

Багьаби хира гьарун, Рамазан инжит гьабун,

Аллагьасул ццим бахъин тIаде цIала инсанас.

 

Кисахун бицаниги бичIчIуларо щибго жо,

Щолеб копек сабаблъун хьвадула намус бичун.

Багьанаби ратула, гьерсал рекъезарула,

Цо рахъалъ тункизегIан, берал къанщун хьвадула.

 

Риччан тола Аллагьас кантIилародай абун,

Тавбуялде рачIине кьола гьезие заман.

Амма, гIадамил лъимер, лъай бичIчIизе бокьичIеб,

Ахиралде щвезегIан, шукру гьес гьабуларо.

 

Кваналеб жо гIемерлъун, гIарац-месед гьарзалъун,

Гьелъ гуккизе чIолев чи, гьев цIодорав чи гуро.

Цере-нахъе балагьун, берцинаб гIамал гьабун,

Заман щвана нилъее пикру гьабун хьвадизе.

 

Гьелъул гIаламат ккола нилъеде бачIараб къо,

КъварилъиялъгIаги нилъ цолъилародай абун.

Аллагьги ракIалда ккун, суннатал хIалтIизарун,

ХIелхIедун, дугIа гьабун, кантIилародай абун.

 

ГурхIа, Аллагь, нижеда, дурго лагъзадерида,

Дин гьабизе къуват кье, къудратав нижер Аллагь.

Балагьал тIаса росе, рагъ-кьал тIагIине гьабе,

ТIубараб иманалда дуца хьихье, БетIергьан!

 

Жаннет СултIанова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...