Аслияб гьумералде

Вац Абусупяниде

Вац Абусупяниде

Ассаламу гIалайкум, хIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция. Дун йиго анлъго вацасда гьоркьой гIурай яц. Нижер эмен Дибиров Асилдар вукIана 40 соналъ школалда мугIалимлъи гьабурав чи, эбел - НустIапаева ТIинасги йикIана цIакъ бажари бугей, чанго бакIазда хIалтIарай, нижееги берцинаб тарбия гьабурай гIадан. Вацалги эбел-инсул нухдасан ана, гIадамазда гьоркьор гьел хIажалъи ккарасул хьолбохъ кидаго эхетарал, исламияб нух ккурал руго.

Нижер бищун кIудияв вац Абусупян вуго Санкт-Петербургалда, институталъул мугIалимлъун, исана гьев ректорлъунги тIамуна. Гьединлъидал, дие бокьун буго, газета гьоркьоб ккун, вац Абусупяние барки гьабун чанго рагIи абизе.

Вацал гIемер гьечIо,
Нусгоял ругониги,
Нусгоясул бакI ккурал,
Анлъго вукIун чIухIула!
ЧIахIиял хъулухъазги,
Борхатаб къадруялъги,
Пахрулъи-гогьлъи кьечIев,
Нижер вац – Абусупян.
ГIелмуялъул гъеж ккурав,
ГIаданлъидул квер ккурав,
МагIарул ияхI ккурав,
Анкьракьалъул гIалимчи.
УхIдил кIкIалахъ рахъарал,
Къадруял бихьиназул,
Цебесеб кьерда руго,
Дур цIарги, дур гьунарги,
Асидада камигун,
Нижей дадал бакI ккурав,
Дудаса рохарал ниж,
Дудаса чIухIарал ниж!
Нилъей дугIа камилай,
Аллагьасда  гьардолей,
ТIинасбуба йохиялъ,
МагIу бацIцIуней йиго.
Дур бегIераб къаламги,
Дур къадруяб каламги,
Камун ниж хутIугеги,
Халатал соназ жеги.
Щиб жо магIаруласе,
Лъабго нухалъ къого сон?
Лъабнусгоги хIалалаб,
Дир гIадинав вацасе.
Баркула гьавураб къо,
Хъулухъалъул борхалъи!
БетIергьанас цIунаги,
Мунги агьлу-хъизамги.
Сахлъи кьеги щулияб,
Сонал кьеги гIемерал,
ГIумру кьеги рахIатаб,
Огь, кигIан лъикI мун вукIин!

П. АСИЛДАРОВНА, ЛЪАРАТIА РАЙОНАЛЪУЛ ГЬИНДУХЪ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...