Аслияб гьумералде

ГIумруялъул хIисаб

ГIумруялъул хIисаб
Дун хобазда аскIов гIодовги кIусун,
ГIумруялъул хIисаб гьабула цо-цо.
Цо-цо цере арал цадахъ рукIарал
Гьезул хивалазда хаган ватула.
Хабада эхетун бугеб зонода,
ЦIалулаан цIарал гьудулзабазул.
Гьаб ракьалда дие гIумру кьун арал,
Дир рекIей хириял дол умумузул.
Дир беразда цо-цо ххулула магIу,
ГIумру гьаб щибжойин кьолаан суал.
Жаваб гьазул буго, гьеб гIумру бугин
ГIоралъ бачун унеб бортараб тIамах.
ТIокIалъ батулареб, нахъбачIин гьечIеб
Гьабулеб макьу гьеб - дур гIолохъанлъи.
ГIумруялъ гуккизе, воре чIогейин
Гьабула насихIат занабаз дие. 
Дун нахъе къокъуна ракIги къварилъун,
Къваридаб лахIду дир даимаб рукъин.
Къудратасда цеве чIолеб доб къоялъ
Дирго гьаб черхалъе щибдай ккелебин. 

ИБРАГЬИМ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...