Аслияб гьумералде

«Ас-салам» газеталде

«Ас-салам» газеталде
Саламгун нижехъе сапар бухьунеб,
«Ас-салам» газета, салам дир дуде.
Гвангъун щвараб шагьримоцӀ гӀадин,
Щивасе баракат босун рещтӀунеб.
ЦӀалулесул рекӀей асар гьабулеб,
Исламалъул нухде гӀадамал цӀалеб.
ГӀибадат ккуразе кибего гӀунтӀун
Кумек баракатаб Бичасул сайгъат.
Бичун меседалъухъ босе щолареб,
Баракатаб хайир халкъалъе кьолеб.
Хадур рахъаниги кодоб щолареб,
Камилаб нур рекӀелъ рещтӀинабулеб.
ДагӀваталъул дарсал сабабалъе ккун,
Сахлъулел ракӀазе рохел гӀемераб.
Рагьараб насихӀат нижей гьабизе,
НигӀматлъун Халикъас халкъалъе кьураб.
Хириясул гӀелму, гӀалимазул лъай,
ГӀатӀидго щивасе щвезе гьабулеб.
Шукру дуе Аллагь, АлхӀамдулиллагь,
«Ас-салам» нижее нурлъун гьабурав!

САГӀИД ОРДАШОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...