Аслияб гьумералде

БетIергьанасде ﷻ гьари

БетIергьанасде ﷻ гьари

БетIергьанасде ﷻ гьари

АлхIамдулиллагь, Аллагь,

ТIолго рецц Дуе буго!

Дур лагъзал ратиялда

Разиялги ниж руго.

Дур разилъи хIажалъун

ХIелулел Дуе руго,

ХIабибасул шафагIат

Щолеллъун гьаре, Аллагь!

 

Шукру дуе БетIергьан

Бугеб нижее рохел,

Расуласул умматлъун

Исламалда ратиялъ.

АхIмадил ирсилаллъун

Устарзаби рижарав,

Нижер ургъел гьабизе

Гьел ракьалде ритIарав.

 

РахIму цIикIкIарав, Аллагь!

ЦIуне ниж гьаб ракьалда,

Рикьелал ккеялдаса,

Рагъ-кьал, питнабаздаса,

Пасалъаби цIикIкIараб

ЦIадул балагьаздаса,

Дур цIоб-рахIму къотIарал

Къоял рачIиналдаса.

 

Я Рабби, дуниял тун,

Диналде гIагар гьарун,

ГIасилъаби рачахъун

Раче ниж иманалде!

Ургъелал бигьа гьарун,

Балагьал рикIкIад гьарун,

РикIкIен гьечIел рахIматал

РещтIинаре ракьалде!

 

Рикъзи хIалалаб бикьун,

ХIарамаб рикIкIад гьабе!

ХIал бихьизе кьурабги

КьогIлъизабуге, Аллагь!

Кьуралда баракат лъе,

Бугелъе дугIа гьабун,

Дуе шукру гьабизе

Щивасе тавфикъги кье!

 

Я, гIаламалъул Халикъ,

Халкъ бижарав БетIергьан!

БитIараб нухалдаса

Ниж тIоритIеха, Дуца.

Балагьал сабаблъун ккун

Сабруялде тIамуге,

Санайил нигIматал щун

Шукру гьабизе тIаме!

 

Саид Ордашов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...