Аслияб гьумералде

Хириял асараз ракI тIегьазабуна

Хириял асараз ракI тIегьазабуна

Хириял асараз ракI тIегьазабуна

 

ХIабиб жанив гьавураб

Хирияб шагьру-рабигI,

Ихдал тIугьдул гIадинан

Дин цIилъараб хираб моцI.

 

Гьеб моцI кIодоги гьабун

МагIарухъе рачIарал,

Исламул бахIарзазул,

Асарал рихьаралищ?

 

Хириял асаразул

РекIелъ хутIулеб асар,

РакI тIегьазе гьабула

ТIоцебесеб къо гIадин.

 

Рихьизе аравщинав

Гвангъизе гьумер гьабун,

БацIцIадаб ракIги босун

ВачIуна жиндир рокъой.

 

Хирияв ХIабибасул

Берцинаб рас бихьарав,

Живго Расул вихьараб

Рохелгун щола аскIов.

 

Расалъул гьайбатлъиялъ

Гьесде бугеб рокьиги,

Жеги тIаде цIикIкIуна,

Хириясухъ урхъула.

 

Аман, дир хирав Расул,

Цо лахIзатниги дие

Дуда берчIван вихьизе,

Дур берцинлъи бихьизе.

 

Дур гьайбатаб гьумерги,

Гьединалго лугбалги,

Камилаб дур гIакълуги,

Умматалда гурхIелги.

 

Умматалъул цо муъмин

ЖужахIалде лъугьине

Рази гьечIинги абун

ШафагIаталъул кутак.

 

Киналго анбияал

Жидерго ургъалилъ ккун,

Къиямасеб къоялъги

Умматилан ахIдарав.

 

ТIоцебе алжаналде

Жиндир уммат ун гуреб,

БатIиялда мун рази

ВукIунарев дир, ХIабиб.

 

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росдал имам

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...