Аслияб гьумералде

Напс лъадари

Напс лъадари

Диргун чед бекуге чорокав чияс,

Чияр гъинги кванан кепал росулес.

Дун гьудуллъун ккоге гьалмагъ гуккулес,

МацIазул тIогьиса гьури биччалес.

 

Дий хьолбохъ вокьула ракI гIатIидав чи,

РекIелъ гъиз гьечIого хабар бицунев.

Сапаралъ унелъул цадахъ вокьула,

Вакъунги, къечонги къо хIехьолев чи.

 

Ургъел бикьиялъе гIакъил вокьула,

ХIалтIи гьабулелъулъ устар вищила.

ЖамгIиял гIуцIабалъ цIикIкIаралъ чIела,

Иман бугездаса мисал босила.

 

Нилъей бокьулареб чидай гьабуге,

Дукьаго къолев чи хIакъир гьавуге.

Сабру цебе гьабе, ццим нахъе къулчIе,

ГIакълу ботIролъ босун напс бацIад цIуне.

 

КIудиясул адаб рехун кIалъаге,

ГьитIинал тарбия кьун сваказаре.

Кьураб рагIиялъе хилиплъуге мун,

Квешлъи гьабиялде ракI гьесуге дур.

 

Церехун рехсарал лъикIал гIамалал,

Чорхолъ рессун хадуб къадру борхула.

ЛъикIлъи гьабиялде напс лъадаризе,

Лъай-гIакълу нижей кье, хирияв Аллагь.

 

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...