Аслияб гьумералде

Иманалда хадусеб...

Иманалда хадусеб...

Иманалда хадусеб...

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна, нужеца Гьесие гурони цогидазе гIибадат гьабуге, эбел-инсуе лъикIлъи гьабе…», - абун.

 

Аллагь ﷻ цо гьавиялда хадубго эбел-инсул хIурмат гьабизе кколеблъи рехсеялъ бихьизабулеб буго гьелъулъ кIудияб амру букIин.

Ахираб заманалда гIемер кколел руго жидерго умумузде данде лъимал рахъиналъул хIужаби. Лъидаха лъалареб кигIанасеб захIматги бихьун гьел гIезарулелали, гьелъул гIемерисеб захIмалъи эбелалъ баччизе кколеблъи. Хирияб хIадисалда буго: «Ибну МасгIудица аварагасда гьикъана Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал щибилан. ГIужда как бай бугин абуна гьес. Хадуб щиб бугебилан цIехедал, гьес абуна эбел-инсуе лъикIлъи гьаби бугин. Хадубги щибилан гьикъидал, аварагас жаваб кьуна Аллагьасул нухда жигьад гьаби буго», - ян.

Капурал ругониги эбел-инсул адаб тезе бегьуларо. ХIадисалда буго: «Асмаица бицун буго, къурайшиязулгун кьалда рукIаго жеги бусурбанлъичIей дир эбел ячIанин нижехъе. Дица Аварагасда гьикъанин гьелъулгун гьуинлъи гьабилищин, гьей къабул гьайилищин абун. Къабул гьаейин жаваб гьабунин гьес», - ян.

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагь разилъи эбел-эмен разилъиялъулъ буго. Гьесул ццим бахъин – умумузул ццим бахъиналъулъ буго», - ян.

Абугьурайратица эбелалъул рокъоса къватIиве вахъунеб мехалда, нуцIикIалтIаги чIун, абулаан: «Ассаламу гIалайка, я умматагь! Ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун. МагIна: (Аллагьасул саламги баракатги лъеги дуда, дир эбел). Гьелъ жаваб кьолаан: «Ва гIалайка я буная, ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун. МагIна: (Дудаги лъеги Аллагьасул саламги баркатги). Хадубги гьес абулаан: «РахIимакуллагьу кама раббайтани сагъиран», - абун. МагIна: (Аллагь гурхIаги дуда дун хьихьаралъухъ). Гьелъги абулаан: «РахIимакаллагьу, кама саррартани кабиран», - ян. МагIна: (Дудаги Аллагь гурхIаги, гьадин кIодо гьаюн дун йохизаюрав).

 

СалихI МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...