Аслияб гьумералде

Дир гьитIинабго насихIат

Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал,

Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола.

Дуниял течIого хун унел чагIаз,

ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.

 

ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца,

Каранда нилъер ракI хIалтIизабула.

Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги,

Нилъерго кIарчанлъи бичIчIизабула.

 

Дунял берцин бихьун, гьелде машгъуллъун,

Гьаниса инчIого рорчIизе гьечIо.

Аллагьас бижараб махлукъаталъул

ХIисаб гьабичIого бегьизе гьечIо.

 

Гьединго нилъее гьечIо бегьизе,

Лав анзална гьазал Къуръан кIочене.

КIудиял мугIрузул хIур лъугьунеб къо

Ахирисеб букIин рекIелъа ине.

 

Кинабго берцинлъи, тIолго гIатIилъи,

Нилъги кIодо гьарун гIуцIцIараб буго.

ГIибадат гьабизе рижун нилъ руго,

Гьабулеб къагIида малъа-хъван буго.

 

Берцинлъи гурони диналъулъ гьечIо,

Иман, рокьи, божи, гIаданлъи буго.

ЛъикIабщинаб кквезе, какараб тезе

Аллагьас киналго ахIулел руго.

 

Дирги цо васият, диналъул агьлу,

ТIоцебе дидего, цинги нужеде.

Чара гьечIеб хутIун калам дагь гьабе,

Ла илагь илла Ллагь гIемераб абе.

 

Расул Мисриханов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...