Аслияб гьумералде

Пашманлъи тIаса инабулеб

Пашманлъи тIаса инабулеб

ТIадегIанав Аллагьас инсанияталъе гIемерал нигIматал рижун руго. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьев инсан кин валагьуларев Аллагьас ﷻ жиндие ризкъилъун кьун бугеб батIи-батIияб тIагIамалде». (Сура «ГIабаса», 24 аят).

 

Гьел нигIматазул цояб ккола хъабахъ. Юнус аварагасул бицунаго, ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дица гьесде тIаде хъабхъил гъветIги бижизабуна, гьесие рагIад гьабизе ва гьев рухIчIголъабазул заралалдаса цIунизе.» («Ас-Саффат» сурат, 146 аят). Юнус авараг ﷺ ралъдал рагIалда загIиплъун ватидал, Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун, гьесда аскIоб хъабахъ бижизабуна.

Гьединго Аллагьасул Расуласеги ﷺ хъабахъ бокьулаан. Анас ибн Маликица бицана цо нухалъ жинда вихьанила Аварагас ﷺ хъабхъил кесекал рахъулев. Анасица абуна: «Гьелдаса нахъе диеги хъабахъ цIакъ бокьана», - ян. Гьеб хIадис бицун буго имам Бухариясги Муслимицаги. Абула хъабхъица пашманал ракIал рохизарулинги.

Баянаб жо буго хъабахъ ракъи кколеб нигIмт букIин, гьебго заманалда гьелъулъ калориялги дагьал рукIин. Гьеб ккола бета-каротиналъул кьучI, гьеб чорхолъ А витаминалде сверула, гьединго, гьелъулъ букIуна С витамин, Е витамин, калий, клетчатка ва цогидалги пайдаял жал. Гьединго гьелъулъ руго антиоксидантал, гьез кумек гьабула клеткаби окислителнияб стрессалда хурхун ккараб заралалдаса цIунизе.

Хасго хъабахъ бечедаб буго каротиноидаздалъун. Бета-каротиналъул кIвар букIуна имунияб системаялъул гIадатияб хIалтIиялъе ва берзул канлъи лъикIлъиялъе. Гьединго хъабхъида гъорлъ букIуна лютеин ва зеаксантин абурал беразул сахлъи цIуниялда хурхарал жал. А, С ва Е витаминаз, гьединго железо, фолиевая кислота ва цинкалъ квербакъула черхалъул имунияб гIуцIи гIадатияб къагIидаялъ хIалтIизабизе.

Хъабхъилъ бугеб клетчаткаялъ квербакъула кванирукъ хIалтIизабиялъе. Белъараб хъабхъил 100 граммалъулъ букIуна 20-гIанасеб килокалория. Калий, клетчатка ва С витаминалъ квербакъула рекIелгун бидурихьазул сахлъиялъе. ГIураб къадаралда хъабахъ кванаялъ бидул тIадецуй гIадатияб хIалалда чIезабула.

Хъабахъ пайдаяб букIуна тIомое хIажатаб нигIматазул кьучI хIисабалдаги. С витаминалъ гIахьаллъи гьабула коллаген гIуцIиялъулъ, каротиноидаз ва цогидал антиоксидантаз кумек гьабула клеткаби окислителнияб заралалдаса цIунизе.

Хъабхъил хьонги ккола кутакалда пайдаяб жо. Гьезда гъорлъ руго магний, калий, нахул кислотаби ва антиоксидантал. Халкъияб медицинаялда хъабхъил мугь хIалтIизабулеб букIана бакьазул паразитазде данде дару хIисабалда.

ГIелмиял цIех-рехаз бихьизабуна хъабхъил хьоналъул нах бихьиназул сахлъиялъе пайдаяб букIин: гьелъ кумек гьабула простаталъул ва кIващ кквеялъул цо-цо унтабазе, мугьазул нахалъ квербакъула рас щулалъиялъе ва гIеялъе.

Хъабхъил ва цогидал нигIматазул пикру гьабулаго бусурбанчиясе кIвар бугеб жо ккола гьел нилъее кьурав Аллагь ﷻ ракIалде щвезави. Нилъеца щибаб къойил кванала батIи-батIиял нигIматал ва амма цо-цо мехалда гьезда жаниб бугеб ТIадегIанав Аллагьасул гурхIел-рахIму нилъеда кIочон тола. ГьитIинабго мугьалдаса, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун, ракьалдаса лъим цIан, бижун, пихъ кьун гIадамазе квенлъун лъугьуна.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца Дир нигIматазе щукру гьабуни, Дица гьел жеги цIикIкIинарила», - ян. (Сура «Ибрагьим», аят 7).

 

Камил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...