Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

ТIехьалда бусурбабазул загIипалин кьурал пунктазда цадахъ малъа-хъвай гьабулеб букIана гьездаса рахчун тезе кколел гьезул диналъулги, гьединго, материалиялгун рухIиял тIокIлъабазул. Хас гьабун кIвар кьун букIана исламалъул хIакъалъулъ гьадинал баяназде:

 

  1. Исламалъ бихьизабун буго цолъи ва бащалъи, гьукъун буго дагIба-рагIи. Къуръаналда буго: «Аллагьасул квар ккун чIа ва рикь-рикьуге», - ян. (Сура «Алю-ГIимран», 103-абилеб аят).
  2. Къуръаналъ амру гьабулеб буго цIали гьабизе ва жидерго лъай цIикIкIинабизе. Къуръаналда буго: «Хьваде ракьалда», - ян. (Сура «Алю-ГIимран», аят 137).
  3. Исламалъ амру гьабулеб буго гIелму тIалаб гьабеян. ХIадисалда буго: «ГIелму тIалаб гьаби бусурбабазда тIадаб иш буго», - ян.
  4. Исламалъ бихьизабун буго дунявиял ишал гьаризе. Къуръаналда буго: «Ва гьезда гъорлъ руго гьадин абулел: «Дир БетIергьан, кье нижее гьаб дунялалъул ва ахираталъул лъикIлъи», - ян. (Сур «Аль-Бакъара», аят 201).
  5. Исламалда бихьизабун буго гIакълу дандбазе. Къуръаналда буго: «Гьезул иш - цоцазда гIакълу дандбай», - ян. (Сура «Аш-Шура», «Совет», аят 38).
  6. Исламалъ экономикияб рахъалъ къуваталлъун рукIине бихьизабун буго. ХIадисалда буго: «Дунявиял ишал гьаре нуж киданиги хвезе гьечIел гIадин ва ахираталъе гIоло хIаракатги бахъе метер хвезе ругел гIадин».
  7. Исламалъ бихьизабун буго сахлъи цIунизе. ХIадисалда буго: «ГIелму буго ункъо: 1. Дин цIуниялъе гIоло – фикъгьиялъул гIелму. 2. Сахлъи цIуниялъе гIоло - тохтурлъи. 3. МацI цIуниялъе гIоло – алат гIелму (грамматика). 4. Заман сверулеб куц лъазабизе – астрономия».
  8. Исламалъ бихьизабун буго мина бай, архитектураялъул махщел билълъанхъизаби. Къуръаналда буго: «Аллагьас дунялалда нужее кинабго бижун буго», - ян. (Сура «Аль-Бакъара», аят 29).
  9. Исламалъ бихьизабун буго гIадлу-низам цIуни, рикIкIин ва хIисаб гьаби. Къуръаналда буго: «Кинабго низамалде ккезабун буго, киналъулго хIисаб гьабун буго», - ян. (Сура «Аль-ХIиджр», аят 19).
  10. Исламалъ бихьизабун буго нухал къачIазе. Къуръаналда буго: «Хьваде ракьалда», - ян. (Сура «Алю-ГIимран», аят 103).
  11. Исламалъ бихьизабун буго къуватаб аскар букIин. Къуръаналда буго: «РакIаре гьезда данде хIалкIвараб къуват», - ян. (Сура «Ан-Анфал», аят 60).
  12. Исламалъ бихьизабун буго чIужугIаданалъул хIакъ цIуни ва гьелъул кколеб адаб-хIурмат гьаби. Къуръаналда буго: «Бихьинчиясул чIужугIаданалда тIад ихтиярал ругел гIадин, чIужугIаданалъулги руго гьезда тIад ихтиярал», - ян. (Сура «Аль-Бакъара», аят 228).
  13. Исламалъ бихьизабун буго рацIцIалъи цIуни. ХIадисалда буго: «РацIцIалъи ккола диналъул бащалъи», - ян.

ТIехьалда рацIцIейин ва хвезарейин малъун ругел гучал рахъал ккола гьал:

  1. Исламалъ нахъе рахъун руго миллат, мацIазул, къануназул, гIадатазул ва халкъазул цоцазда гьоркьор ругел батIалъаби.
  2. Гьукъулеб буго риба, пайда боси, зина гьаби ва мехтизарулел жал гьекъей.
  3. Бусурбаби мутIигIал руго диналъул гIалимзабазе.
  4. Сунниял бусурбабаз жидерго халиф рикIкIуна Аварагасул ﷺ бакIалда чIаравлъун. Божула гьесул аварагасулго гIадин хIурмат гьабизе кколеблъиялда.
  5. Гъазават гьаби лъикIаблъун рикIкIунеб буго.
  6. ШигIитазул бербалагьиялда рекъон, бусурбанал гурел чагIи ва суннитал чорокаллъун рикIкIуна.
  7. Киналго бусурбабазул ракI-чIола Ислам цого-цо хIакъикъияб дин букIиналда.
  8. ГIемерисел бусурбаби божула ягьудиял ва насраниял гIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялдаса нахъе гъезе кколин абураб жоялда.
  9. Аллагьасе гьабулеб гIиба-даталъул киналго ишал, масала, как бай, кIал кквей, хIеж борхи, тIуразарулел руго бищунго мухIканаб куцалда.
  10. ШигIитаз рикIкIунеб буго бусурбанал пачалихъазда килисаби рай хIарамаблъун, ай тIубанго изну гьечIеблъун.
  11. Бусурбаби щулаго мутIигIал руго жидерго диналъе.
  12. ШигIитал божула жидеего щварабщиналъул щуго бутIа гьабун цо бутIа дин лъазабулел гIалимзабазе кьезе кколин абураб жоялда.
  13. Бусурбабаз жидерго лъимал бищунго камилаб куцалъ гIезарулел ва гьезие тарбия кьолеб буго, гьелдалъун гьел битIараб нухдаса къосинаризе кIолареб куцалъ.
  14. Бусурбанал руччаби жидерго берцинлъи ва черх бахчуледухъ ретIа-къала.
  15. Бусурбаби къойида жаниб щуго нухалда данделъула жамагIат гьабун какал разе.
  16. Гьезул ракIчIола, Аварагасул, ва батIиялги диналъе гIоло къеркьаразул хобал рацIцIадал рукIиналда ва гьеб сабаблъун гьенире ракIарула.
  17. ГIемерал чагIи руго Аварагасул ﷺ наслабаздаса кколел, гьезда абула сагIидалин ва шарифалин. Гьел чагIаз кидаго Авараг ﷺ ракIалде щвезавула, гьединлъидал бусурбабазул берзукь Гьев хутIула чIагоявлъун.
  18. Бусурбаби цо бакIалде ракIа-рараб мехалда, вагIзаби гьарулез гьезул иман къвакIизабула ва щулалъизарула гьезул лъикIал рахъал.
  19. ШаргIалъ гьукъараб жоялдаса рикIкIад чIей ва сабру гьаби диналъ бихьизабураблъун рикIкIуна.
  20. Бусурбабазул лъимал, халкъ гIемерлъи бараб буго чанго чIужу ячине бегьи бихьизабулеб суннаталда.
  21. Бусурбанчияс жиндирго диналде дин батIияв вуссинави рикIкIуна гъазаваталда хвел босиялдасаги цIикIкIун кири щолеблъун.
  22. Бусурбабазда гьоркьоб гIатIидго тIибитIараблъун буго хIадис: «Щвалде щвараб нух гьабурав чиясе гьеб нухдаса пайда босулелщиназул къадаралде балагьун даража щола».
  23. Бусурбабаз цIакъ кIудияб къимат гьабула Къуръаналъул ва хIадисазул. Гьезда нахърилълъин рикIкIуна алжан щвеялъе бугеб шартIлъун.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Имам АбулхIасан АшгIариясул хIакъалъулъ тIехь

ДРялъул муфтияталъул гIелмияб отделалъ хIадур гьабун буго кIудияв имам АбулхIасан АшгIариясул гIумруялъул ва гIелмуялъул бицараб тIехь.  КватIичIого гьеб бачIине буго къватIибе ва гьелдаса пайда босизе бегьула бокьарав чияс, хасго студентаз, исламияб гIелму лъазабулез.


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...


«ЦIидасан пикру гьабе…»