Аслияб гьумералде

Дуцаго гьабураб дуеги гьабула

Дуцаго гьабураб дуеги гьабула

Диналъ ва гIадаталъ нилъ ахIула чIахIиял чагIазул адаб гьабизе. Гьелъие нугIлъи гьабулеб буго Тирмизияс бицараб хIадисалда рехсаралъги: «Нилъедаса гуро гIисиназдаги гурхIуларев, чIахIиязул къиматги лъаларев чи», - ан.

 

Нилъедаса гурин хIадисалда абуралъул магIна ккола, цIикIкIаразул адаб гьабунгутIи бугин чIахIиял мунагьазда гъорлъеги кколеб, исламияб нухлъунги жиб гьечIебин абураб. Гьелъин Аварагас ﷺ кьваризабунги абураб.

ЧIахIияздехун адаб цIуни буго гIолохъанчиясулъ ругел хасиятазул бищун берциналдасаги. Гьединав чи гIадамазда гьоркьов къимат бугевлъунги вукIуна, гIисиназги мисал босула гьесдаса. Гьеб камурав вукIуна жиндир гьабулеб гIамал хъачIав, гIисиназдеги хичулев, вихьизеги вокьуларев. Гьединаллъун рукIиналдаса Аварагасги ﷺ цIуни тIалаб гьабулаан.

«Кабаир» абураб тIехьалда имам Тирмизияс бицун буго Абу-Умаматидаса бицараб Аварагасул ﷺ хIадис: «Мунапикъас гурони лъабгояздехун рокьукъаб бербалагьи гьабуларо: исламалда вукIун херлъарав чиядехун, гIелмуялъул бетIерасде, ритIухъав имамасде», - ан.

Рокьукъаб бербалагьиги букIине бегьула батIи-батIияб жоялдалъун. Цо букIуна чиясда тIад релъанхъиялдалъун, махсароде ккун, хъачIал рагIаби абиялдалъун. Гьев вугеб бакIалда батIияб гIамал бихьизабун. Мисалалъе, школалда мугIалимасдехун лъималаз гьабулеб гIамал, гьабулареб адаб. Гьеб кинабго буго чиясулъ тарбия гьечIолъиялъул гIаламат, гьелъулъ гIемерисеб нухалъ гIайибияллъун эбел-эменги рукIуна.

КигIан абизе бокьичIониги, къо бахъанагIан лъималазе эбел-инсуца тарбия кьеялъул кIвар гьаби тIаса-масаго толеб буго. Гьелъул хIасилалда, лъималазда адаб-хIурмат щиб жо кколебали лъалебги гьечIо. Мисалалъе,  маршруткаялда рекIун унелъул цIикIкIарав чи яги чIужугIадан жанире рачIиндал, гIолохъанаб гIелалъ гьабулеб, дагьа-макъаб заманалъул рахIаталъе гIоло гьез рехулеб яхI ва гIаданлъи. БакI кьолелги рукIуна, амма кьоларел гIемер ратула. 

Гьединлъидал, нилъеда кIочене бегьуларо нилъгоги санаде рахине ругеблъи, гьеб мехалъ нилъеца гьабуралда рекъараб гьабулев дандчIвала нилъедаги. ХIадисалда буго: «ГIолохъанчияс цIикIкIарасул адаб гьабулеб бугони гьесул херлъиялъе гIоло, гьев чи живго херлъараб мехалъ, Аллагьас ﷻ гьесул хIурмат гьабулеллъун гIолохъабиги гьарула гьесие», - ян (Тирмизи).

Гьеб гIамал гIолохъанаб гIелалъулъа тIагIиналъе аслияб гIилла бугинги абизе бегьила нич тIагIин ва гIаданлъи щиб жояли лъангутIи. Гьелъин, лъимал гьитIинаб къоялдаса нахъего куцазеги кколел. 

Нилъеца гIадамазда гьоркьор гьаризе рекъарал гIамалаздасан руго, масала, нилъее бокьулареб цогидазеги гьабунгутIи.

КъватIире рахъаралъур чIухIи гьечIел, гIодоре риччарал, гIадатияллъун рукIин. Мунагьал гьарулеллъун цогидал ругониги, гьел хIакъираллъун рихьунгутIи. Бажарараб куцалъ дандиязе, боцIудалъун, квералдалъун кумек гьаби. Берцинаб тIабигIат бихьизаби, чIахIиязул хIурмат цIуни, гIисиназда гурхIи, диналъул вацазе салам кьун квер бачин, гьабураб къотIи тIубазаби, ритIухъаллъун рукIин. 

ЧIахIиязул адаб гьаби гIицIго гьезул хIурмат гьабилъун гуребги, Аллагь ﷻ рази гьавулеб гIамалги гIибадатги буго. Гьелъул хIакъалъулъ гIалимзабаз тIахьазда рехсонги буго.

Имам АшгIарияс рехсолеб буго гьадинаб хIадис: «Рас хъахIав херав чиясул хIурмат гьаби буго Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъул гIаламат», - ин (Абу-Давуд).

ГIамал бацIцIад гьабизе ва гIаданлъун вукIине щивасе Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...