Аслияб гьумералде

ШайтIаналъул васвас

ШайтIаналъул васвас

ШайтIан инсанасул тушман ккола. Гьелъул къасд, мурад гIадамал къосинари буго, ай Аллагьасе мутIигIлъичIого рукIине. ЧIаго вугебгIан заманалъ инсанас кидаго шайтIаналъулгун рагъ базе ккола. ШайтIаналъ жиндирго хIалтIи цебетIезабизе кутакалда хIаракат бахъула. 

 

ШайтIан киданиги бачIунаро нуцIаги рагьун ва абуларо дуца гьадин гьабе, мун жужахIалде ккезе вугин. Гьелъул гIаксалда, шайтIаналъ чиясул рекIелъе рехула васвасал. Нилъеда гIемер рагIана иблис кIудияб макъамалда букIараблъиялъул, хIатта гьеб малаикзабазда гьоркьоб бищун тIадегIанаб даражаялда букIин. Амма гьеб къосана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ амру гьабураб мехалъ Адам авараг кIодо гьавун сужда гьабеян, иблисалъ нахъчIвана. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьикъидал, сунца мун нахъчIварабилан абун, гьелъ абуна: «Дун гьесдасаги лъикIаб буго», - ян.

ХIисаб гьабе, кинабго бижарав, къудратав Аллагьасда иблисалъ абун бугеб жоялъул.

Иблисалъ рикIкIана жиб тIокIаб бугин Адамидасан, щайгурелъул, жиб бижун букIиналъ цIадудалъун, гьевин абуни хIарщудалъун. Гьелъ рикIкIана цIа хIарщудаса хирияб бугин абун. Амма гьелда бичIчIичIо лъица гьеб бижарабали. Иблис мекъи ккана жинца цIаги хIарщги борцине байбихьидал. Ракь ккола жиндилъ гIемераб пайда бугеб нигIмат. ЦIайин абуни буго гьалагаб жо, жиб щванщинаб жо жинца бухIулеб.

Ибну Касирил тафсиралда ибну Жариридасан рехсана, ХIасан Басрияс абунин: «Къуръаналда Аллагьас ﷻ иблисалъул рагIи рехсана: «Дуца дун бижана цIаялдалъун ва гьев (Адам) вижана хIарщудалъун». Иблис букIана тIоцебе къияс хIалтIизабураблъун, гьеб букIана бищун цебе борцаризе байбихьараблъун. Къияс ккола цо жо цоялда борцун, гьениса хIасил къватIибе бахъи. Гьеб жо иблисалъ гьабуна, амма мекъи хIалтIизабуна.

Ибну Сириница абуна иблис букIанин бищун цебе къияс хIалтIизабураб махлукъатлъун. Бакъги моцIги жидее гIибадат гьабулеблъун лъугьана къияс хIалтIизабун, ай цо жо цоялда борцун пикру гьабиялъ.

КьучIаб хIадисалда буго, шайтIан цIакъ гIагарда букIунин чиясда аскIоб, хIатта гьеб унеб буго чиясул бидурихьаздасан. Гъапуллъиялде ккараб мехалда гьелъ гьесулъе квешал пикраби рехула.

Жабиридасан бицараб хIадисалда буго Аллагьасул расулас ﷺ абунин: «ХIакълъунго, шайтIан нужер щивав чиясда аскIоб букIуна, щиб нужеца гьабуниги», - ян. (Муслим, 2033)

Гьединго Анас ибну Маликица бицана Аварагас ﷺ абунин: «ХIакълъунго, шайтIан инсанасда жанисан хьвадула би хьвадулебго гIадин», - ян. (Муслим, 2175)

ШайтIаналъ гIемераб жоялъул хIал бихьула ва нухалги ралагьула инсан къосизавизе. Хадуб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ жаваб гьелъие кьуна: «Гьаб буго Дир битIараб ва хIакъаб нух, киналго умматазулъ жиб бугеб: Дие гIибадат бацIцIад гьабурал лагъзадерида тIаде дуе нух гьечIо гьел къосинаризе. Дуда нахърилълъарал ва жалги къосарал гIадамал руго дуда къосинаризе кIолел», - ян.  (Сура «ХIижр», аят 41-42)

Аллагьас ﷻ хадубги абуна: «Гьел киналго руссунеб бакI жужахI буго. Гьелгун цадахъ мунги жужахIалда букIине буго. Гьелъул анкьго батIияб рагьуги буго, щибаб рагьдухъан жиндир къокъаги лъугьинабулеб», - ян. (Сура «ХIижр», аят 43-44)

Аллагьас ﷻ абуна: «Аллагьасул гIазабалдаса хIинкъун, лъикIаб гIамал гьабурал муъминзаби Алжаналда рукIине руго, берцинал, тIагIамал нигIматалгун», - ян. Гьединаздаги абула: «Нуж Алжаналде лъугьа, рихараб щибаб жоялдаса божараллъун ругеб хIалалъ», - абун. (Сура «ХIижр», аят 45-46)

Инсанасухъа бажарула шайтIангун къеркьезе, гьелда данде рагъ базе. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ нилъеда тIадкъаларо хIалкIолареб жо. Аллагьасда ﷻ гьарила гьелдаса ва жиндирго напсалдаса цIунеянги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...