Аслияб гьумералде

МагIлиб – Аварагасул ﷺ асарал

МагIлиб – Аварагасул ﷺ асарал

МагIлиб – Аварагасул ﷺ асарал

Азаргоялдасаги цIикIун сон ана, Аллагьас ﷻ хира гьавун тарав халкъалъул Расулуллагь загьирлъаралдаса. Жакъаги гьев халкъалъе чIаго вуго, алхIамдулиллагь. Бералда бихьаниги рохел загьир гьабун хIалкIолареб баракат щвана Дагъистаналде, гIарабазул ракьалдаса, МухIаммад аварагасул ﷺ асарал Дагъистаналде рачIаралдаса, Аллагьас ﷻ аза-азар даража цIикIкIинабеги гьеб рахIмат нилъер улкаялде тIалаб гьабуразул.

 

Гьел асаразул баракатаб зиярат щвана Хьаргаби районалъул МагIлиб росулъеги. Асарал росулъе рачIине рукIин лъараб мехалъ, кIалалги ккун, рамазан моцI букIаниги, бихьиналгун руччаби кутакалда хIалтIана, жамагIатги цо хъизан кинниги цоцалъ гъункана.

Аварагасул ﷺ асарал росулъе щолелъул магIу кквезе кIолареб хIал букIана, росу рагIалдаса тIараде щвезегIан тIамураб гIурччинаб ххам, кIиябго рахъалда чIун гIадамаз бачунеб зикру, киналго рахъун рукIана асаразда дандчIвазе.

Бокьун буго гьеб кинабго нухда бачаразе, росдал дибирасе, бегавуласе, школалъул, ясли-ахалъул, больницаялъул, почалъул хIалтIухъабазе ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе ва хасго гьеб рохел росдае тIалаб гьабурав ГIумаров МухIаммадие, Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясе.

Цогидал росабазул имамзаби, муридзаби, рохел загьир гьабун аскIоре рачIарал гьалбал, нужееги буго лъугIел гьечIеб баркала. Баркала буго сордо-къоялъ чIечIого мавлидал, шигIраби, Къуръаналъул аятал цIаларал васазе. Баркала гIадлу-низам цIунарал гIолохъабазе. 

Аллагьас ﷻ нужер щивасул рекIел мурадал тIурайги, чорхолъ ритIун тайги, кIиябго рукъалъул талихI насиб гьабеги.

 

Бицун хIал кIолареб кIудияб жавгьар

РещтIун буго жакъа МагIлиб росулъе.

Бичасул Авараг ХIабибуллагьил ﷺ

Асарал щун руго тIадмагIарухъе.

 

Дунял бижилалде зарра бижарав,

Алжан-жужахI жиндий мутIигIго тарав,

Аллагьасул Расул - ХIабибуллагьил

Баркат рещтIун буго МагIлиб росулъе.

 

ЛъагIалил моцIазул цIар берцинаб моцI,

Шагьру-рамазаналъ кунчIана росу.

ГIараб ракьалдаса, доб Шамалдаса

Гьуинал махIазул чIвана цо гьогьен.

 

ЧIахъаги Дагъистан, ислам цIунулеб,

ЧIахъаги муфтият, вацлъи цIунулеб,

ЧIахъаги росдал халкъ, цолъи кIудиял,

Ирсилазул кьучIал чучизе течIел.

 

ГIумарил МухIаммад, мун, росуцояв,

Росдал халкъ цолъизе тIалаб гьабурав.

Щулалъаги иман даим дур рекIелъ,

Дол имамзабазул къвакIи дулъ бугин.

 

Жакъа ругелани нилъер умумул,

Балъго ислам цIунун къанабакь лъурал.

Рахъа, нижгун жакъа рохел гьабизе,

Ракъи-къеч хIехьарал дол муридзаби.

 

 

ГIайшат-бика ГIабдукъадирова

 

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...