Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Аллагьасе ﷻ бокьулеб би

Къурбанкъоялъ Адамил лъималаз гьарурал лъикIал гIамалазул бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал би гIодобе тIей буго (къурбан хъвей).

 

Къурбаналъе хъураб жо Къиямасеб къоялъ бачIине буго жиндирго лълъурдулгун, расалгун, щанкIлалгун, гьелъул би ракьалде тIинкIилалде Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб бакIалде бахуна, гьединлъидал къурбан хъвеялдаса рохизе ккола. Гьедин абулеб буго Абу-Давудгун Тирмизияс бицараб хIадисалдаги.

 

Къурбан хъвеялъул хиралъи

«РакI разиго, кири щвезе букIиналда ракIги чIун, Аллагь ﷻ разилъиялъул мурадалда, жинца къурбан хъурав чиясе жужахIалда цебе пардавлъун чIола». (ХIасан  ибну ГIали).

«Къурбанкъоялъ бищун Аллагьасе ﷻ гIарац хвезабизе бокьулеб бакI къурбаналъе хъвезе жо боси буго». (ТIабарани).

«Къурбаналъе хъолел хIайваназул бищун хирияб хIайван жиндир багьаги цIикIкIараб, бищунго жибги кьарияб буго». (АхIмад, ХIаким).

Хирияв Аварагас ﷺ жиндирго яс ФатIиматида абуна: «Я ФатIимат, дудаса къурбан хъолаго мун гьелда аскIой яхъун чIа, дуда лъаларищ, гьелъул тIоцебесеб бидул тIири ракьалде тIинкIараб сагIаталъ, дуца гьабурабщинаб мунагь чурула, дуда лъаларищ, гьеб къурбан Къиямасеб къоялъ жиндир гьангун, бигун цадахъ бачIунеблъи, лъабкъоялда анцIго нухалъ цIикIкIинеги гьабун ва гьеб дур гIамал цIалеб цIадироялда тIадги лъолеблъи», - абун.

АбусагIидил Худрияс абуна: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, гьаб жо МухIаммадил агьлуялъе хасаб жойищ, хасаб батани, нуж гьелъие мустахIикъалги руго яги МухIаммадил ﷺ агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жойищ», - ан. Гьес ﷺ абуна: «Гьеб буго МухIаммадил ﷺ агьлуялъеги цогидазеги гIаммаб жо», - ян. (Ибну Абу-Дуня).

АсхIабзабаз гьикъанила: «Я Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ, къурбан хъвей щиб жо кколеб?» - ан. Гьес ﷺ абуна: «Нужер эмен Ибрагьимил дин буго», - ян. Гьез гьикъанила гьелдаса жидее щиб букIунебилан. Гьес ﷺ абуна: «Щибаб рас рикIкIун лъикIлъи хъвала», - ян абун. (Ибну Мажагь).

«Нужеца къурбаналъе хъолеб хIайван кIудияб хъве, Къиямасеб къоялъ нужги тIад рекIун, гьеб Алжаналде ине буго» (Дайлами).

Байгьакъияс бицараб хIадисалда буго: «Къурбаналъе хъураб хIайваналъул бидул щибаб тIири рикIкIун, гьеб жиндаса хъурав чиясе лъикIлъи хъвала», - абун.

(«ИтхIаф»).

 

ГIабид Расулов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...