Аслияб гьумералде

Сабру гьабизе кумек кьола

Сабру гьабизе кумек кьола

«Тасгьилул Манафи» абураб тIехьалда хъван буго: «Ромашкаялъул бухIараб ва бакъвараб тIабигIат буго. Гьелъ чехь тамах гьабула, нервабазул система щула гьабула, ботIрол ва цогидал лугбузул хIалтIи щула гьабула. БетIер унти чучула, тIогьилаб унти (желтуха) сах гьабула, кIващ хъамула ва гьороялде данде хIалтIи гьабула», - ян.

 

Давуд Антакияс гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъван буго: «БетIер унти ва цIа-кан лъугIизабиялъулъ гьелда данде бачIунеб дару гьечIо», - ян.

Ромашкаялъул нахалъ гIинда бакIлъи, тIом кьватIи, хъирис, мугъзагьодалъул ва лугбузул унтаби сах гьарула. Кумек гьабула седалищалъул нервалъе ва подаграялъе. Гьелъул настойкаби, гьоцIогун цадахъ гьекъезе, лъикIаб буго.

Ромашка хIалтIизабула хIалуцараб чохьол унтабазе, слизистияб оболочкаялъул восполительнияб хроническиял унтабазе, гастриталъе ва язваялъе. Гьединго ромашкаялъул настойкаялъ кумек гьабула вирусазда, квачалда, гриппалда дандеги. Гьеб хIалтIизабула тIул гьороялде, холестициталде, желчалъул застоялде, циститалде ва метеоризмаялде данде.

Неврозалъул заманалда нервабазул системаялъе гIодобе биччазабулеб асар гьабула. Гьелъул настойка хIалтIизабула ЛОР унтабазе: фарингит, ангина, тонзиллит, стоматит, гингивит.

Ромашкаялъ кумек гьабула инсулин бижизабиялъе ва гьелдалъун бидулъ чакаралъул даража гIадатияб хIалалде бачуна. Цабзазул ва бетIер унти чIезабула, ччорбазул спазмал тIагIинарула. ХIухьел цIаялъул нухаздаса ахту бахъула.

Гьабулеб къагIида: цо кIудияб гъуд цIураб ромашкаялде тIаде стакан гьалараб лъел тIела ва кIалтIуги къан сагIаталъ тела. Цинги гьеб цIвила ва къойида жаниб 2-3 нухалъ, кванда цебе, бащдаб стакан гьекъела.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...