Аслияб гьумералде

Чан нухалъ кваналел?

Чан нухалъ кваналел?

Чан нухалъ кваналел?

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго нилъ ругин ракъараб мехалъ гурони кваналареб, кваналеб мехалъги гIорцIизегIан кваналареб умматин абун («Сират аль-Халабия»). Гьеб ва гьелда релълъараб Аварагасул ﷺ каламалъ баян гьабулеб буго ракъичIого кванагейилан абун.

 

Анас ибну Маликидасан бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Хьул лъунщинаб жо кванай исрап гьабиялдасан буго», - ян (ибну Мажагь). ГIемер букIуна кваназе ккараб хIал чехьалъул гьечIониги, бата-батаралде хьул лъун гьеб кваналеб, хасго рокъор ругеб заманалда. Гьеб буго кутакалда беццичIеб, черхалъе зарал гьабулеб гIамалалдаса. Гьединлъидал гIадлу гьабизе ккола кванил гIужазул.

Гьоркьохъеб хIалалда кванан хадуб, щиб кванарабали хал гьабун, кванирукъ чIобоголъула 6-8 сагIаталдасан. Гьелдаса хадуб ракъани, кIиабизеги кваназе бегьулин бихьизабулеб буго. Гьединаб къагIида цIуниялъ кумек гьабула сахлъи цIунизеги. Гьединаб къагIида лъикIаблъун бихьизабулеб буго медицинаялъги. Гьеб буго нилъеда диналъ малъулеб «Ракъараб мехалъ кванай, кваналелъул гIорцIизегIан кванаге», - абураб ахIиги. 

ГIемер чехь цIезабиялъ чорхол физическиябгун рухIияб рахъ хвезабула. «Тасгьилул манафигI» абураб тIехьалда хъван буго: «ГIакъилзабазгун местIерзабаз абулеб букIана бищун лъикIаб бугин кIиго сордо-къоялда жаниб лъабго нухалъ кваназеян. Цогидаз абулаан сордо-къоялда жаниб цо нухалда кванани гIолин, ай бихьулеб бакIалдаса бакъ тIерхьун хадуб. Сордо-къоялда жаниб, гьоркьохъеб къагIидаялда, кIиго нухалда кванани зарал гьабиларин абулелги руго».

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс хъван буго: «Дуда лъай, ракъи тIарикъаталъул агьлуялъул сипатаздасан ва нафсалде данде гъазават гьабиялъул рукнабазул цояб букIин», - абун. Жеги хъван буго: «Дуда лъай, ракъи - нур, гIорцIи - цIа букІин. ЦІаги ссунаро жиндирго бетIергьан вухІичIого. ГIорцIи - дунялалъул гIамалазул кIул бугелъул, ракъиги - ахираталъул гIамалазул кIул буго.

ТIахьазда хъван буго: «Аварагасе ﷺ чадил кесекги босун ПатIимат ячIиндал Аварагас ﷺ гьелда цIехон буго гьеб щибин абун. Гьелъ абун буго гьеб бугин жинца гьабураб панкъ, цин дуе гьелъул бутIа кьечIого дир ракI хIалхьичIин», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Лъабго къоялда жаниб дур инсул кIалдибе щвараб тIоцебесеб тІагІам буго гьеб», - абун.

Машаихзабазул цоясда бицун буго: «Къойида жаниб цо нухалда кваналев чи вуго», - ян. Шайихас абун буго: «Гьеб сидикъиназул кванай буго», - ян. КІицIул кванани щибха букIунебин гьикъидал, гьес жаваб гьабун буго: «Гьеб муъминзабазул кванай буго», - ян. ЛъабцIул кваналесул цIехедал абун буго: «Дуца дурго агьлуялда абе дуего руссун гьабеян», - абун. («ЛъикIал тIабигIатазул ах»)

Машгьурав тохтур МухIаммад Тунисияс хъван буго: «Чохьониб квен бихIин 4-5 сагIаталдаса лъугьунеб батаниги, гьелъ кьоларо рехсараб заман индал бачIинахъего кваназе кколин абураб магIна. Цоги бокьараб лагаго гIадин, кванирукъги хIажалъула хIухьбахъи гьабиялде. Гьединлъидал, щибаб кванда гьоркьоб анкьго сагIатгIаги букIине ккола. ГIумруялъул санаде вахарав чиясеги рекъараб буго сордо-къоялда жаниб кIиго нухалъ кванаялда къокълъун чIезе. ТIоцебесеб – радал, кIиабилеб – бакъ тIерхьиналде цо-кIиго сагIаталъ цебе. Воре, сардилъ кванаялдаса цIуне. 

Радал кваналеб лъикIаб буго бихIине бигьаяб, тIадагьаб квен букIине, хасго бетIер ургъун хIалтIулел чагIазе. Лъималазегун гIолилазе бегьула, цо кванаралдаса кIиабизе кваназегIан гьоркьоб, пихъ-мичI гIадаб кваназе, гIун бачIунеб черх цIикIкIун кванде хIажалъулеб букIиналъе гIоло. Цоги, кванан хадур кьижилалде гьоркьоб ине ккола 2-3 сагIат, бачIинахъего кьижиялъ сахлъиялъе зарал гьабула», - ян. («Кунузу сихIат»)

Гьединго, тохтур ХIарис ибну Къалдатида цIехедал дарулъун щиб бугебин абун, гьес жаваб кьун буго ракъи бугин абун.

Гьединлъидал хIурматияб диналъул агьлу, кIвар кье кванил низам цIуниялде.

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Муфтияталъе баркала кьуна

Хасавюрт районалъул бетIерасул ишал тIуралев Багьавудин Мамаевгун дандчIвана «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад Мусаев, муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, рехсараб районалъулгун шагьаралъул волонтеразул централъул нухмалъулев Адам Нажмудинов. Гьез бицана тIабигIияб...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


Баркалаялъулаб кагъат

№23626 рагъулаб часталъул командованиялъ ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул цIаралда битIун бачIана Баркалаялъулаб кагъат. Рагъулал хъулухъчагIаз муфтияталъул пресс-хъулухъалъе баркала загьир гьабулеб буго рагъухъабазе гьабулеб квербакъиялъухъ, информациялъулаб кверчIваялъухъ ва рагъухъабазул...