Аслияб гьумералде

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

ГIалим КъурамухIаммад-хIажи

Дунялалъулъ паналъун Аллагь кIочараб къавмалъ,

Ишаналъе росарал васал гIемерал ккана.

ГIарцухъ намус бичарал иман гьечIел шайтIабаз,

Щибниги гIайиб гьечIел гIолохъаби кIурана.

ЧIикIаса СагIид-апанди

 

2007 соналъул 26-абилеб июлалда, боголил какги мажгиталда бан, рокъове унаго нухда шагьидлъана Дагъистанги, Россияги, гIарабазул пачалихъалги жиндие мукIурав гIалим, ЦIунтIа районалъул Зехида росулъа КъурамухIаммад-хIажи. Гьесдаго цадахъ шагьидлъана гьитIинав вац ГIабдуллагь-хIажиги. Жиндир гIумру ислам тIибитIизабиялда арав, Аллагьасул хIакъаб дин халкъалда малъиялдаса цебесеб жо жиндир букIинчIев гIалимчи накълулъана чияр квердаса.

 

 ТIолго гIаламалъе ккараб ками бихьизабулеб буго КъурамухIаммад-хIажи накълулъун хадуб ЧIикIаса СагIид-афандияс (живгоги шагьидлъарав) хъвараб назмуялда.

 

Нилъер заманалъул имам Навави

Заманалъул Навави, исламалъул бахIарчи,

КъурамухIаммад ана хIурулгIинзабаз вачун.

ХIасадалъул агьлуялъ къор жиндий гъунаниги,

Къадирасул хIукму щун шагьидлъана багьадур.

 

ШаргIалъе хъулухъалъе хадимлъун чIарав мудир,

ГIаламул Мулкалдаса Малакуталде щвана.

Дунялалъул гъоб рокъоб рахIат дуца гьабичIин,

Гьанже воржанхъе, лачен, Алжаналъул пастIабахъ.

 

Агьлуллагьазул хьибил дуца гьитIинго ккунин,

Гьанже хьваде бокьухъе, рокьанщиналгун цадахъ.

Шайихзаби разияв муридги мун вукIанин,

ВукIа гьанжеялдаса гьезул зумраталда гъоркь.

 

ДунгIан БетIергьан Аллагь разияб хIалги лъугьун,

ХIазратул Къудусалда макъам дуе гьабеги.

Дуца гIелму малъарал гIолилазул къокъаби,

Къудраталъул Аллагьас баракат лъун цIунаги.

 

Баркат гьечIеб къавмалда къагьруялъул цIал щваги,

ЦIоб гIатIидав Аллагьас динул ислам цIунаги.

Дунялалъул абнаал элда машгъуллъун тайги,

Тавбу анищ ккаразул курмул гIатIид гьареги.

 

Диналъул цIогьабазе рахчизе бакI тIагIаги,

Бахчун рекIелъ цIунараб нифакъ бакъалда байги.

Ракъи-къечалъул балагь умматалде щогеги,

Шугьадаазул баркат аниб хутIун батаги.

 

Дун дуда бахиллъула ахираталъул гIалим,

Исламалъухъ рухIги кьун ХIабибгун ﷺ данделъарав.

ХIайранлъиларев кинан дур къокъаб гIумруялда,

ГIасруялъ баччулареб раччи жиндилъ борхараб.

 

Хвелги гIолохъабазе – херлъи гьечIеб чIаголъи,

Халкъалъ баркала кьураб сират нахъе хутIани.

Хобги шугьадаазе – алжаналдаса цо ах,

Аллагь РахIман разилъун хIурулгIинал къачIараб.

 

ХIабиб цIунарав имгIал Абу ТIалиб къанщидал,

Къурайшияз кутакаб тIадецуйги гьабуна.

Гьесие заралалъе ургъичIеб макру течIо,

Аллагьасул макруялъ кинабго къватIиб чIвана.

 

Кинаб хIажат кканиги ХIабибасе ятарай,

ХIал бащадай вазирлъун даимго хьолбохъ чIарай,

Уммагьатул муъминин Хадижатун Кубра хун,

Халкъалъул хириясде гьеб мусибатги щвана.

 

Шугьадаазул сайид УхIудалъул къояца,

ХIамзат ватIалъидалги ТIагьал хьибил бухIараб.

ХIабибас гьеб кинабго каранда жаниб лъураб,

Купруги басра гьабун исламги тIибитIараб.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...