Аслияб гьумералде

Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.

 

Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб мехалда. Гьесул фатвабазухъ гӀинтӀамулаан машгьурал гӀалимзабазги. ХӀукму къотӀизегIан цебе имам Маликица рагӀа-ракьанде щун лъазабулаан гьелъул хIукму. Гьесда сверухъ рукӀараз гьесул гъваридаб лъаялъеги гӀакълуялъеги кIудияб къимат кьолеб букIана. Исламияб халифаталъул рикӀкӀадал шагьараздасацин гьесухъе гӀадамал рачӀунаан дарсал росизе.

Имам Маликица ретӀунеб букӀана Йеменалдаса, Хорасаналдаса, Мисриялдаса бачӀараб бацӀцӀадаб, берцинаб, гӀемерисеб мехалъ хъахӀаб ретӀел. Гьесдаса бачӀунеб лъикӀаб, берцинаб махӀги лъазе кIолаан. Гьесул сипат-сураталъги ва хьвада-чӀвадиялъги халкъ хIайранлъизе гьабулаан.

Дунялги гьелъул лазатги тарав ритӀухъав имамасе гьедигIан берцинаб махI гьабун хьвадизе щибизе абун бичIчIуларого рукIана. Имам Маликица гьединал чагIазе жаваб кьуна: «ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ бокьула Жиндирго лагъас Гьесул нигIмат загьир гьабулеб мехалъ», - ян.

Имам Маликица гьоркьоса къотӀичӀого рехсолев вукӀана ТӀадегӀанав Аллагь ﷻ гьал рагӀабаздалъун: «Ла хIавла вала Къуввата илла биЛлагь» абун.

Малик киданиги велъулароан. Цо нухалъ гьесда гьикъула: «Щай мун велъуларев?» - ян. Маликица жаваб кьуна: «ГӀемер релъанхъиялъ инсан яхӀ-намус гьечӀолъиялде вачуна ва гьесул гӀаданлъи, ай чилъи хвезабула. Аварагасул ﷺ релъанхъи гьими букIана», - ян.

Гьев вугеб бакӀалда Аварагасул ﷺ цӀар бахъидал, гьесул гьумер хисана ва гьес бетӀер гӀодобе къулана. Имамас абулаан: «Дида лъалеб жо нужеда лъалеб букӀарабани, дие нужеца бадибчӀвай гьабилароан», - ян.

Гьесул цӀар киса-кибего рагӀидал, гӀемерал сайгъатал гIадамаз ритIизе байбихьана. Амма имам Маликица жиндиего щибниги толеб букIинчIо ва къваригIараб бакIалде хвезабулеб букIана.

Имам Маликил гӀумру ракълилаб, чӀухӀи гьечIеб, дунял тараб букIана.

ХвезегӀан имам Малик ва гьесул хъизан гӀумру гьабун рукIана чияр рокъор. Цо нухалда халиф Магьдица имамасда гьикъула: «Дур рукъ бугищ?» - ян. Имамас жаваб кьун буго гьечӀилан.

Аварагасдехун ﷺ бугеб кӀудияб адаб-хӀурматалъ имам Малик Мадинаялда чода рекӀун киданиги хьвадичIо, гӀицӀго лъелго хьвадана. ХӀадис цӀализе рачIарал гӀадамал имамас къабул гьарулаан какичурун, чалма ретӀун, берцинаб махӀги гьабун.

Мадинаялда вугебгIан заманаялъ имам Маликица киданиги гьаракь борхизабичӀо. Имамасе кутакалда вокьулаан хIурмат тIадегIанав Авараг ﷺ.

Сапаралда вугеб мехалъ хӀадис цӀалеян гьарани, гьеб жо гьабулароан, гьелдалъун гьес бихьизабуна Аварагасул ﷺ хӀадисалъул адаб-хӀурмат.

Аварагасул ﷺ хӀадис цӀалиладеги кикие чури гьабун, кӀиго ракагӀат бан, мегеж ххан, махӀ гьабун, борхатаб бакIалда гӀодов чIун гурони цӀализе байбихьулароан. Гьес гӀемер такрар гьабулаан: «Дие бокьула Аварагасул ﷺ хӀадис тӀадегӀан гьабизе», - ян.

 

Имам ШафигIил тIабигIат

Имам ШафигӀ борхатаб лагаялъул, берцинаб гьаракьалъул, пасихӀав чи вукӀана. Гьесул пасихӀлъи бихьидал гIадамал цIакъ хIайранлъун хутIулаан. Гьес Къуръан цӀалулеб мехалъ гьесда сверухъ халкъ кидаго данделъулаан.

Гьесул гьаракьалъ халкъалъе асар гьабиялъул кутаклъиялъ гьезда магӀу кквезе кIолароан. Багьр бин Насрица абуна: «Нилъер ракӀал хӀерен гьаризе бокьараб мехалъ, нилъеца цоцазда абула: «РачӀа нилъ дов гӀолохъанав гӀалимчиясухъе ине ва гьесда гьарила нилъее Къуръан цӀалеян», - абун. Халкъги данде гьабун имам ШафигӀица байбихьулаан Къуръан цӀализе, гьелъул магIна бичIчIиялъ гIадамалги гIодизе лъугьунаан. Гьеб бихьидал имамас цIали жибго толаан.

Имам ШафигI вукIана гIалимзабазул чирахъ. Жиндирго гӀумруялъулъги ишазулъги камиллъи щвана ва жиндирго таржама гвангъараб щакъиялъ хъвана.

Аварагасул ﷺ хӀадисал рагӀизе бокьарал имам ШафигӀида сверухъ данделъани, гьезие тӀокӀав чи хӀажалъилароан, щайгурелъул гьесда гӀемерал хӀадисал лъалаан ва гьелда рекъон живгоги хьвадана.

ЦӀар рагӀарав гӀалимчи ГӀумар ибн Набагьаца абулаан, жинда киданиги вихьичӀин имам ШафигӀ гIадин динияб рахъ бугев, ТӀадегӀанав Аллагьасул амру ракӀбацӀцӀадго тӀубалев чи. Аллагьасул ﷻ цIаралъул хIурмат гьабун имам ШафигI киданиги гьедичIо, хIатта битIараб жоялъецин.

Цо нухалда пуланав чияс имам ШафигӀие суал кьуна, амма имам вуцӀцӀун чӀана. Дуца дие жаваб кьелищин гьикъана гьес нахъеги. Имам ШафигӀица абуна: «Цин чIа, кинаб хирияб ва лъикӀаб бугебали бичӀчӀизегӀан: жаваб кьей яги сихӀкъотӀун чӀейищ», - ян. Гьелъ бихьизабула имамас цIодорлъи.

Цо къоялъ машгьурав гIалим Юсуп бин ЯхӀъя Бувайтияс кагъат битӀула имам ШафигӀил мутагӀил РабигӀ бин Сулайманихъе. Бувайтияс гьесда гьарула имам ШафигӀиясул гӀамал-хасияталъул ва хьвада-чӀвадиялъул хӀакъалъулъ бицеян.

РабигIица гьесухъе хъван битIула гьадин: «Дуе бокьун батани имам ШафигӀ гӀадин вукIине, дуда лъаларел чагӀигун сабру гьабе, щиб гьез гьикъаниги. Гьезие сабруялда жаваб кье. Дур мажлисалда ругездехун лъикӀаб бербалагьи гьабе. Жиндирго напсалъе бокьула жинда сверухъ ругез кIодо гьавизе. Напс квегъичIев чи гьезда гьоркьов тIадегIанавлъун вукIунаро», - ян.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...