Аслияб гьумералде

Шайих Юсуф Набгьани

Шайих Юсуф Набгьани

ТIадегIанав Аллагь лъалев машгьурав гIалим, шайих, хъвадарухъан, шагIир ва къази Абул МахIасин Юсуф ибн ИсмагIил ан-Набгьани гьавуна гIага-шагарго гьижрияб 1265 соналъ.

 

Шайихас жиндирго таржамаялда хъвавухъе, «аслияб къагIидаялъ гьев гъорлъе унеб къавм ккола Палестинаялъул шималияб рахъалда бугеб Ижзим росулъ цебего чIей гьабураб гIарабазул гочарал гIадамазул Бану Набгьанил. Жакъа гьеб росу ккола Бейруталъул вилаяталда бугеб Акраялда гъорлъе кколеб ХIайфа абураб икълималда».

ГьитIинаб къоялдаса нахъего гьев цогидаздаса батIияв вукIана, напсгун къеркьолаан, хIакъикъат щулаго кколаан, бищунго лъикIаб, жиндаго захIмат бихьун, квералъ гьабураб хIалтIи букIиналда ракIчIарав вукIана.

Шайих Юсуф ан-Набгьани Агьлу-сунна вал-жамагIаталъул рахъ ккурав вукIана, исламияб къануналда (фикъгьиялда) гьев вукIана шафигIияб мазгьабалда, гIакъидаялда жанив - Абу ХIасан АшгIариявлъун ва суфиязул анлъго тIарикъаталда вукIана.

Шайихас ячана Бейруталдаса Сафия бинт МухIаммад-бег абурай гIадан ва гьелъ гьесие гьавуна цо васги лъабго ясги.

 

ГIелму цIали

Живго шайих ан-Набгьанияс жиндирго цIалиялъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Дун Къуръан цIализе ругьунлъана ритIухъав шайих ва камилав хIафиз, рекIехъе Аллагьасул тIехь лъалев инсуда цеве – шайих ИсмагIил ан-Набгьанихъ. Хадув инсуца дун витIана Египеталда бугеб Азгьар мадрасалде цIализе. Дун цIализе лъугьана гьижрияб 1283 соналъул байбихьуда ва гьенив хутIана 1289 соналъул ражаб моцI щвезегIан. Гьеб заманалда жаниб дие щвана мугIалимзабаздасан Аллагьас ﷻ дие хъварал гIелмабазул лъай», - ян.

Азгьаралда Юсуф Набгьаниясе машгьурал гIалимзабаз ва шайихзабаз ижазаби кьуна, гьезул цо-цоял гьес жиндирго хъвай-хъвагIаязда рехсана. Шайих Ибрагьим ас-Сакъа ШафигIи Мисрияс изну кьуна гьесие гIелму малъиялъе ва гьединго тасаввуфалъул ижазаги кьуна.

ГIелму тIалаб ва гьеб камил гьабулаго Юсуф Набгьани щвана гIемерал улкабазде ва шагьаразде: Турциялде, ГIиракъалде, Сириялде, Иерусалималде, ХIижазалде ва гь.ц.

 

МугIалимзаби ва шайихзаби

Юсуф ан-Набгьани цIалана машгьурал гIалимзабазда цеве ва рухIияб тарбия щвана доб заманалда машгьурал шайихзабазда цебеги. Гьесул мугIалимзабазда гьоркьоса бищунго машгьурав вукIана шайих Ибрагьим ас-ШафигI Мисри. Юсуф Набгьани лъабго соналъ хьвадана гьесул дарсазде.

 

Къазилъун вахъин

Анлъго соналъ Азгьар университеталда цIалун хадув гьев Палестинаялде тIадвуссана. Гьес чIей гьабуна Акко абураб бакIалда, гьениб гIелмуялъул ва гIараб мацIалъул дарсал кьола.

Шайих Юсуф ан-Набгьаниясул цIар машгьурлъараб мехалъ гьев Шамалъул вилаятазда къазилъун тола, хасго гьал шагьаразда: Набулус, Латакия, Иерусалим ва гь.ц.

Дагьаб заманаялъ гьев гочуна Астанаялде (Стамбул) ва гьенив хIалтIула «Аль-Джаваиб» абураб газеталъул редакторлъун.

Хадув гьев Бейруталда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб тIадегIанаб диваналъул цевехъанлъун тола. ЦIакъго херлъидал пенсиялде уна ва гьелдаса хадув уна Мадинаялде ва гьениб гIумру гьабун чIола Аварагасул ﷺ зияраталда аскIоб, тIоцебесеб дунялалъул рагъ байбихьизегIан. Цинги ватIаналде, Шамалде тIадвуссуна.

 

ГIалимзабаз кьураб къимат

Гьесул хIакъалъулъ гIалим Каттанияс абуна: «Гьев ккола жиндир заманалъул гьунар бугев шагIир, машгьурав хъвадарухъан, ракIбацIцIадав чи», - ян.

Машгьурав тарихчи ГIабдуразакъ Байтарияс абуна: «Гьев имам вуго сахаватав, къадруяв ва бахIарчияв. Гьесул гIакълу хвалчадасаги бегIераб буго ва гьесул пикраби гъваридал руго ралъад гIадин. Гьесул назмабаз нугIлъи гьабула пикраби гъваридал рукIиналъе. Гьев къаламалъулги хвалчадулги устар ккола, ханжарги рагIиги жиндир бегIеравлъун бугев».

 

ТIахьал хъвай

Юсуф Набгьанияс гIемерал тIахьал хъвана, хасго Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ. Гьединго гьес хъвана гIалимзабазул ва шайихзабазул таржамаби. Гьезда гьоркьоса ккола ункъабго мазгьабалъул имамзаби ва бергьарал мухIаддисал. Гьединго Юсуфу Набгьанияс вагьабиязда данде гIемерал тIахьал хъвана. Гьев бергьарав гIалим гуревги кутакалда лъикI исламалъул битIараб нух цIунулев бахIарчиги вукIана. Гьесул бищун кIудияб ва пайда бугеб тIехьлъун ккола «ФатхIул Кабир». Гьелда жаниб буго 14 450-гIанасеб хIадис. Гьединго гьесул машгьураб тIехь буго «ФатхIул Къуддус».

Гьес имам Нававиясул машгьураб «Риязу СалихIин» тIехь къокъ гьабуна. Къокъ гьабун абуни, Юсуф Набгьанияс хъвана кIикъоялда анцIгогIанасеб тIехь.

 

ГIибадат ва дунял тей

Гьев Мадинаялда вугеб мехалъ гьенир лъикIал ишал гьесул загьирлъана, гьел кьоларо ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса рищарал лагъзадерие гурони. Гьадин бицун буго машгьурав гIалим МухIамад ХIабибуллагь ШанкъитIияс. ГIумруялъул ахиралде щвезегIан гьев вукIана тIадкъараб паризаял жал тIуралев, гIемерал какал ралев ва гьоркьоса къотIичIого Аварагасде ﷺ салават цIалулевлъун. Гьесул гьурмада букIана гIибадаталъул ва суннаталда нахъвилълъиналъул нур. Дунялалъул жалаздаса гьев рикIкIалъана ва ахиралда дунялалъул боцIи-малалдаса щибниги нахъе течIо.

 

Ахирисел къоял

Аллагь ﷻ лъарав ва гьесул Аварагасде ﷺ кутакаб рокьи бугев шайих Юсуф Набгьаница 84 соналъ гIумру гьабуна. ГIумруялъул ахирисел къоязги гьев гIакълуялда, сах-саламатго вукIана, амма гьижрияб 1350 соналъул (1932) рамазан моцIалъ шайих гьуърузул унтиялъ унтана. Гьев хвана Бейруталда ва вукъана Башура абураб хабалалъ. Гьесул хоб лъала ва гIадамал зияраталъ хьвадула.

 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...