Аслияб гьумералде

Дунялалъулго рекlел бухlи

Дунялалъулго рекlел бухlи

Дунялалъулго рекlел бухlи

АнцI-анцI соназ халатбахъунеб бугеб тунка-гIуси гьале цIидасанги хIалуцана. Гьелъул хIасилалда къобухIараб хIалалде ккун руго гIагараб бакъбаккул улкаби, ургъалилъе ккун буго гIаламго. Хваразул ва лъукъаразул къадар тIадеялдаса-тIаде гIемерлъулебги буго.

 

 

 

 

 

 

Гьеб тунка-гIуси байбихьана 75-гIан соналъ цебе. Цоязе гьеб рагъ лъугьана ракьазе гIоло, цогидазе – эркенлъиялъе гIоло. Амма кинаб рахъ босаниги, гъурулел руго ракълилал гIадамал, руччаби ва лъимал. Аза-азар чи мина-къайи тун рахъине кколел руго къватIире.

Палестинаялда гьанже бугеб лъугьа-бахъин цебе букIаралда релълъуна. РакIалде щвезабе 1099 соналда букIараб хъанчилазулгун ккараб рагъ. 1187 соналда СалахIудиница гьел ракьал эркен гьаруна.

 

 

 

 

 

 

Гьелдаса хадубги гIемераб лъим чваххана ралъдалъе ва гьеб ракьалда кидаго букIана хIалуцин. Гьеб мухъалда жалго бусурбабазда гьоркьобги букIинчIого цолъи.

Жакъа бусурбабазул улкабаз сверун ккун бугеб Палестинаялъул къуват гIолеб гьечIо жидерго халкъ цолъизабизе. Щайгурелъул, гьеб бикь-бикьун букIун батIи-батIиял къокъабазде. Дин, мацI ва ВатIанцояллъун ругониги, гьел бусурбабазда кинго кIолеб гьечIо цоцалъ рекъон рукIине.

Гьединлъидал цIакъ кIвар буго битIей чIезабизе, загIипаб букIаниги, ракълиде хьулгун, зулмуялде данде цолъараб гьаракьалъ нилъерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе.

 

 

 

 

 

 

Жакъа нилъее бегьуларо питнаялде гъорлъе лъугьине. Квешлъи бокьараз рекъараб хабарги бицун, лъикIаллъунги хIан, нилъ гъоркье рехизе рес буго.

Дораса-гьаниса рагIулел руго митингазде, рецIел босизе, «жигьадалде» рахъине кколин абулезул ахIи. Амма гьелдаго цадахъ ахIи балез хIисабго гьабулеб гьечIо жидер рагIабазда нахърилълъаразул ккезе бугеб къисматалъул.

Аллагьас питнабаздаса цIунаги ва рази гьареги алжаналъул ахаздалъун Палестинаялда шагьидлъарал.

 

ХIасан МахIмудов,

Ас-саламалъул бетIерав редактор

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...