Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Нужеего камизабун цогидазе пайда гьабизе бажарулищ нужеда?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

Гьеб буго кутакалда захIматаб суал. Щайгурелъул инсанасе живго вокьула сундасаго. Гьелда хадуб жиндаго хурханщинаб жоги бокьула - лъимал, хъизан ва гIагарлъи. Гьабулеб лъикIлъиги гьабула жиндиего ва сверухъ ругел гIадамазе. Амма жиндиего щолеб лъикIлъиялдаса инкарги гьабун, цогиясе гьеб щвезе тезе ккани, къваригIуна щулияб иманги саламатаб яхIги. Хасго гьаб заманалда гьеб кIиябго буго цIакъ къанагIатаб жо. ГIурус мацIалда абуни «эгоизм» буго гIемерисев чиясда тIад ханлъиги гьабун. Гьелдаса рорчIизе ккани, исламалъ малъухъе хьвадизе ккола.

ЛъикIав гьудуласе бажарула пайда гьабун, диего камуниги. Гьединго вацасеги. Диего камураб пайда гьесие щвеялдалъун диего щварабгIадин букIуна. Гьединаб гьечIони гьудуллъиги вацлъиги щибизе?

РакI-ракIалъ гьабизе кIолищали лъаларо, амма гIемер букIуна гьедин гьабулебги. Аллагьас кин гьабун батаниги къабул гьабеги щивасул гIамал, гьаб заманалъ тIибитIараб унтиги нахъе босаги.

Аварагасул r хIадис буго: «Дуего бокьулеб диналъул вацасеги бокьизегIан нужер иман камиллъуларо» - ян абураб. Гьединлъидал щивасе тавпикъ кьеги Аллагьас, букъараб зар кинниги цоцазе хIажаталъе хьолбохъ чIезе ва кумек гьабизе.

АлхIамдулиллагь, бажарула.

Бажарула кутакалда, хадур цIакъ яхI гьечIого тIалаб гьабулелги камуларо.

Цо-цо мехалда бажарула, хасго чияца кьолеб жоялде ракI унаро.

Бажарула, батIалъи гьечIо - гьудул вукIа ялъуни тушман вукIа. Нилъ киналго Аллагьасул лагъзал ккола.

Кидаго бажаруларо ва киназегоги гьабуларо.

Аллагьасе буго рецц, гьеб рес кьун буго Аллагьас .

Валлагь, бажарула. Гьале дир тарифалда буго 900 чӀобогояб минут. Дирго минуталги харж гьарун кӀалъала дун цогидазухъе.

Цогидазе кумек гьабулебгIан заманалда, Аллагьас нильее кумек гьабулеб букIунелъул ва дуего бокьараб цогидазеги гьабеян абун бугелъул. Сах-саламат вугони, санагIалъиялда ругони, валлагьи, гьабула диего бокьулеб камизеги гьабун цогидазеги.

Бажарула, амма кидаго гуребха, иблисалъ толаро.

Тарихалдасан нилъеда лъала аварагзабаз, асхIабзабаз, вализабаз, шайихзабаз кидаго жидеего камизабун гIадамазе пайда гьабулаан. СагIид афандиясул гIумруялдасан лъала багъарараб цементалъул растворги тун, кумек гьарун вачIарасе жаваб гьабун кумек гьабураблъиги, хIатта жиндиего зарал гьабунгицин. Дида ккола гьеб лъикIаб тIабигIат гьединал лъикIал чагIазе хасаб бугин. Нилъ гIадал ракI хъубал чагIазе захIмалъулеб буго нилъеего камизабун цогидазе пайда гьабизе.

Гьайгьай, кумек гьарун вачIарав нахъчIваларо, амма чанго нухалъ тIатIала вачIиндал рекIелъ бокьунгутIи бижула. Кин бугониги хIажат чиясул тIубала, амма ракI разилъигун чияр къваригIел тIубани кири щвела, рокьукълъигун гьабуни, кири щвеларо. Бокьараб тIаса бищизе нилъер ихтиярги буго. Аллагьас тавпикъ кьеги.

Хадусеб номералъе суал «Араб соналъул кинал лахIзатал нужеда ракIалда чIарал?»

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...