Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Щиб лъугьунеб бихьаниги кумек гьабизегIанго телефонги къватIибе бахъун видео бахъизе лъугьунел руго. Гьелъул хIакъалъулъ щиб абилеб нужеца?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

  • Щибниги лъикIлъи бихьуларо дида телефоналдеги бахъун лъугьараб халкъалда гьоркьоб тIибитIизабулел гIадамазулъ, гьеб буго иман загIиплъи. Масала, рукъ бухIулеб буго пуланай гIаданалъул, гьелъ жинцаго бахъулеб буго телефоналде. Гьеб рекъараб жо бугищха. Цинги лъолеб буго статусазда гIарац бакIаризелъун.
  • Щибго жоялъул ургъел гьечIел чагIаз гьедин гьабула.
  • Дида ккола гьеб бугин нилъер иманалъул загIиплъи. Щай нилъ кинабго жоялъухъ нахъасан халги гьабун, гьебги телефоналде бахъун чIолел, лъикIаб кканиги, квешаб кканиги кумекалъе рортичIого. Аварагасул хIадисги бугелъул, бищун нужеда гьоркьов лъикIав вуго цIикIкIун гIадамазе пайда бугевин абураб.
  • Гьеб буго гӀадамасул къварилъиги гурхӀелги гьечӀел гӀадамазул пиша.
  • Цин гIадамазе кумек гьабизе ккела, кумек гьабун хадуб бегьила гьабураб хIалтIул видео бахъизе.
  • Гьеб буго аварагасул r хIадисалде гIамал гьабунгутIиялъул хIасил. ХIадисалда бицухъе, жиндие бокьараб цогидасеги бокьани, гьедин букIинароан. Ккара-тараб телефоналде бахъулев чиясе цогидав чи хIакъикъаталда вокьани, хIакъикъияб хIалалда гьес щивав бусурбанчи вацлъун ва бусурбанай чIужугIадан яцлъун рикIкIани, гьедин букIинароан иш.
  • Гьединазда Аллагьас бихьизабугеги жидеего щиб бугониги ккедал цогидал тIаде ралагьун чIей.
  • Гьеб буго ахирзаманалъул гIамал, киназулгоги абиларо, руго кумекалъе хIадуралги, амма гIемерисел гIолилазул бидулъ бессун буго видеоги бахъун кеп босулеб гIамал.
  • ГIайиб гьабиларо, амма гьебгӀан сурун бихьулеб жо гьечӀо.

Хадусеб номералъе суал «Лъималазе тарбия кьезе кигIан заман нужеца хвезабулеб?»

  • Кумекалде хӀажатав чи вихьидал исламалъ нилъеда абулеб буго гьесие хехлъи гьабун кумек гьабейин. Амма телефоналде бахъи мекъаб иш буго. Щайгурелъун гьеб лъугьа-бахъиналъул хважаинасе я бокьила гӀадамазда бихьизе, я бокьиларо.
  • Иман лъурал гIадамазе кумек гьаби абураб жо кIочон тун буго.
  • Машгьурлъи къваригIун буго щивасе.
  • Щиб бахъаниги, гьелъул жаваб кьезе кколеблъи лъазе ккола щивасда.
  • Иман дагьлъун, дунял хиралъун, гIаданлъи тIагIун.
  • ГIезегIан квеш буго, жидедаго бихьидал кантIизе ратила.
  • ЦIакъ хисун буго инсанасул тIабигIат.
  • Ургъел гьечIолъи.
  • Ахир заманалъул гIаламат.
  • ГIадамазулъ гIаданлъи хун буго. Инсанасе тарбия кьолеб жо гIицIго телефон буго гьанже.
  • ХIалихьалъи буго, чи хвасар гьавуларо, гIайиб бахчуларо, тIадеги къватIив чIвазавула.
  • Гьел руго рекIелъ щибго гурхIел гьечIел гIадамал.
  • Унтарал чагIи руго гьел.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...