Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Рамазан моцIалъ кIал кквеялдаса кинал пайдаби нужее ккарал?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

ГIемерал пайдаби ккана. Гьезул бищун аслияб рогьалил как ахIарабго бай.

Черхалъул тIутIлъи. Квен гьабизе ургъел дагьлъана, цо нухалъ гьабуни гIола.

Араб Рамазаналдаса гьабжеги хирияб моцI бачIинегIан урхъун вукIана, щайин абуни гьалъулъ лъикIаб гуреб гIамал гьабизе ракIалде кколаро. Чорхое рахIат, мунагьаздаса цIуни, мискин-пакъирал рохи, гIадамазулъ яхI-намус цIилъи буго гьаб моцI.

Аллагьас гьабураб гIамал къабул гьабун батаги щивазул, тIадеялъулги баракатго разиго бачIаги.

Пайдаяб гуреб жого ккечIо. Аслияблъун букIана кванай дагьлъи, лъикIал гIамалазде гьеси.

Хадусеб номералъе суал «Сордо къоялда жаниб физкультураялде ай ччерх лъадариялде кигIан заман нужеца биччалеб?»

КIал кквеялъул пайдаби рицун гьанир рахъинаро. Саламатго къаркъала тIутIлъана, гIиси-бикъинал гIузраби тIагIана, гIорцIизегIан квен щоларезул хIалги бичIчIана. РухIияб рахъалъги рацIалъун ратиларищха. Масала вакъарав чиясе гIемер калам бокьуларо, кеп-гIоркьгун хочIалде гъира букIунаро. ИфтIаралде гIагарлъи божилъи данделъун ракIал журала гьеб моцIалъ. Гьединго росабазул, районазул, шагьаразул ва округазул бусурбаби данделъун гIуцIула исламиял мажлисал-ифтIарал гьарун лъикI тIобитIула заман.

ГIамалалъул квешлъиялъ ва гьабулеб гъибат-бугьтаналъ ракъи гурони тIокIаб пайдаго ккун батиларо.

ЖамагIатгун каказде хьвадизе байбихьана. Радал тагьажудал разеги вахъуна. Садакъа гIемер гьабуна. Кваназе гIагарлъи гьоболлъухъе ахIула. Аллагьас къабул гьабеги.

Сахаб лъагIелалъ балагьун чIун рукIуна хирияб шагьру рамазаналъухъ. ЛъикIаб гIамал жиндилъ гьабиялдалъун кири гIемер хъвалеб моцI буго гьеб. Закат-сахI бахъун боцIи-мал цIунулеб моцI. ИфтIаразде хьвадун цо хъизан гIадин гIодор чIолеб моцI. Щибаб санайил рохалида дандчIвазе хъван батаги.

Рамазан моцI байбихьаралдаса дица ният гьабуна къуръан цIалун рагIалде бахъинабизе. Гьале рамазан моцIалъул чанго къо хутIидал, дир Къуръан тIобанго цIалун бахъана.

Радал сухIуралде вахъун цинги ифтIар тIаде щвезегIан сахаб къоялъ кьижун инеб буго хирияб моцI.

БитIараб бицани унти сабаблъун кIал кквезе кIоларо дида, амма жеги цониги нухалъ гIадамазда цебе кIалдиб щибго лъечIо дица. Дир гIишкъу буго кIалал кквезе. Аллагьас кьеги киназего сахлъи.

Дие буго 10 сон. Исана 15 кIал ккун борчIана. Эбел-инсуцани абула диде жеги кIал кквезе гIун гьечIилаян. Амма дица кIвараб куцалъ ккола кIалал.

КIал кквеялъул пайдаби гIемерал руго. ГIалимзабаз хIалбихьиялдалъун чIезабуна 30 къоялъ тIатIала ккураб кIалалъ инсанасул сахлъи щулалъулин.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...