Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Нужее рохел сундалъун щолеб?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

Аварагасул ﷺ умматалъул ватиялдаса ва Аллагь разилъи тIалаб гьабулел тIарикъаталъул хIакъикъияб агьлу лъаялдаса.

АхIдезе будильникги лъечIого рогьалил какде вахъунеб мехалъ.

Хадусеб номералъе суал «Рамазаналде кин хIадурулел ругел нуж?»

Эбел-эмен сах ругони.

РакӀ лъикӀлъидал щола рохел

РахIаталда гIодовчIун, бугелда шукруги гьабун, АлхIамдулиллагьин абидал.

Эбел-инсул калам ва гьими бихьидал рекIее рахIат щола.

Эбелалъул гьурмахъ валагьидал.

Их тIаде щведал щола рохел.

Диналъул вацалгун гIодовчIун рахIат босидал.

Хъизан-агьлу сахсаламалъиялда ругеб мехалда.

Эбел-эмен рази ругони, гьелдаса кIудияб рохел гьечIин ккола дида.

ГIелму бугел гIадамалгун цадахъ вукIиналъ.

ХIалтIудаса харж щвраб къоялъ.

Рохел абураб рагIиялъул гъваридаб магIна буго. Дие рохел щола тIолабго дунял ракълида бугеб мехалда. Амма гьедин букIине гьечIо. Къиямасеб къо щвеялъул гIаламатаздасан гьеб бугелъул.

Диналъулъ щулалъи Аллагьас кьедал щола рекIее рохел.

ЧIужу рази йигеб мехалъ букIуна рохел. Гьей рази гьайизеги бигьаяб иш гуро.

МагIарда бугеб дирго росулъе щведал букIуна рохел.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...