Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Аллагьасе гIибадат гьабиялъе гъира щиб пишаялъ нужер баккизабулеб?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

ЛъикIал чагIигун цадахъ ккедал, асар гьабулеб вагIзаялъухъ гIенеккидал, хвел-хоб ракIалде щун яги жаназа нухда тIобитIулелъул ва гьелда релълъарал диниял ишал ракIалде щведал, гIемерго сабаб ккола Аллагь ракIалде щвезе ва Гьев рехсезе. ХIисаб гьабураб мехалъ, устарас тIадкъараб жо тIубазабулелъулги (гьебги гIибадат ккеларищха) Аллагь ракIалде щола. Аллагьас насиб гьабеги гьединаб гъира киназего!

Къойил кIалал кквеялъ гIибадаталъе жигар бахъулаан, амма исламиял тохтурзабаз абуна лъабмоцIил кIалал хутIун, хутIарал моцIазул щибаб къоялъ кIалал кквезе лъикIаб гьечIин, хасго ригьалде рахарал чагIазе. Гьединлъидал гьанже какал ран, чIумал цIалун вукIуна.

ГIемераб шукру гьабиялъ.

Хадусеб номералъе суал: «Кинаб бугониги тIехь цIалулищ нужеца? Гьелда тIад кигIан заман хвезабулеб?»

Мажлисазде гIемер хьвадун, гьенир гьарулел вагIзанасихIатаз кутакаб гъира бижизабула гIибадат гьабизе.

ГIелмиял тIахьал гIемер цIалидал гIибадаталъе гъираги цIикIкIуна.

ГIемер Аллагь рехсеялъ, Аллагьасул рахIму-цIобалъул бициналъ ва Аварагасул ﷺ тарих цIалиялъ.

Мунагь гьабиялдалъун бичIчIула напсалъул загIиплъи, мукъсанлъи. Гьеб мехалъ бичIчIула Аллагьасде ﷻ бугеб кутакаб хIажалъиги. Мунагь гьабун хадуб гьеб чуризелъун лъикIлъи гьабизеги лъикIаб бугелъул. РекъечIеб гIамал зигьирлъидал намуслъун лъугьуна ва Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадаталда тIадчIейги гьабула.

Лъикlаб ва бигьаяб, бечедаб варахlатаб заман лъугlулеб букlин бичlчIун, гьелъ цlакъ хlинкъизавун, диналъе квербакъизе, гlелму цlализе тlамулев вуго. Нилъер хlалбихьиялъе кьураб заман хехго лъугlулеб буго, гьабураб лъикlлъиги дагьаб гурони батулеб гьечlо. Жакъайищ, метерищ бачlинебали лъалареб хваликьа хlинкъунги вуго, гьелдаса хадуб тlокlалъ нилъ гьанире лъикlлъи гьабизе риччаларелъул. Ахираталъул даимаб рукъ хвезабиялда хlинкъун вуго.

Унти тIаде бачIиндал Аллагь ﷻ ракIалде цIикIкIун щола. ТIадегIанас ﷻ инсанасе кьун ругелщинал нигIматал гIеларищ Гьесие ﷻ гIибадат гьабиялъе!?

Ахират ракӀалде щвеялъ.

ЛъагIалида жаниб шайихасухъе бухьараб цо сапаралъ лъагIалица Аллагьасе гIибадат гьабизе шавкъ бижизабула.

ЛъикIал гIамалал гьариялъ ва гIадамазе мунпагIатавлъун вукIиналъ.

ЛъикIал гIамалал гьариялъ ва гIадамазе мунпагIатавлъун вукIиналъ.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...