Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана

«Лъималазда исламияб лъай малъизе кигIан заман хвезабулеб нужеца?» - абураб суал.

Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун.

Дица кIвараб хIаракат бахъулаан 10 сон баралдаса вас мажгиталде хьвадизавизе, гьанже гьесул буго 13 сон ва гьесда дидасаги цIикIкIун лъалеб батана исламалда хурхарал суалазе жавабал. Гьале бакъанил как мажгиталдасан ахIулеб васасул гьаракьги рагIулеб буго, АлхIамдулиллагь. Аллагьас къабул гьабеги кинабго лъикIаб гIамал.

ГIага-шагарго 2 сагIат.

Хадусеб номералъе суал «Интернет вайфаялъе кигIан гIарац хвезабулеб нужеца моцIалда жаниб?»

Лъимал жеги гIисинго руго. Дагьал рорчIидал малъизе байбихьила.

Мисал бихьизабун гурони малъулеб жо гьечIо жеги.

Лъималазда исламиябгун гIумруялъулаб тарбия малъиялъулъ тохлъарав хадув пашманлъила. ГьитIинго ругьун гьаре лъикIабквешаб малъун.

Дир лъимер жеги гьитIинаб буго. Гьезие мисаллъун нилъго рукIина. Щайин абуни гьез нилъедаса кинабго босула.

Лъималазда исламияб лъай малъи гIадада заман тIамилъун бихьула цо-цоязда. Гьединлъидал лъикIаблъун бихьула щибаб къоялъ 20-25 минут гьезда тIад хвезаби. ТIубанго рехун тезегIан гьебго лъикI.

Дида ккола лъимал гьитIинго исламияб лъай щвезелъун мадрасалде ялъуни мактабалде ритIани лъикIаб букIинин. Нилъеца малъаралда гIемер кIвар букIунаро лъималазул, амма мугIалимас малъараб хехго босула.

Дир лъимал руго жеги гIисинго. БукIана цо ригь аварагасул сираталъул гIисинал лъималазе биччарб тIехь гIурусалъ цIалун цинги гьезие кеп щоледухъ магIарулалъ дицаго бицун гьабулеб. Гьайгьай, кутакаб пайда кьолеб букIана гьелъ ва лъималазда бицараб ракIалдаги чIолеб букIана. Амма гIемераб мехалъ, дирго хIалихьалъиялъ, кIвечIо халат бахъинабизе. Лъималаз жидецаго къаси-къаси кьижилелде ракIалде щвезабулаан тIехь цIализе кколеблъи. Гьанже цIидасан кантIизавуна байбихьизе. Аллагьас тавпикъ кьеги.

ТIубараб къоялъ хIалтIуда вукIуна. Хъизамалда аманат гьарун тун рукIуна лъимал. Къаси рокъове вачIиндал исламалъул цо-цо жал рицуна гьез дие. Дида ккола лъималазе тарбия кьей гIемерисеб чIужуялда бараб бугин.

Исламияб лъай малъида школа лъугIидал ва мадрасалде индал. ГьабсагIаталда школалъул дарсал гьаризецин регIулел гьечIо.

Дир лъимал руго школалда цIалулел. Гьединго мадрасалдеги ритIула. Гьениб кIиго сагIаталъ малъула гьезда гIелму ва Къуръан цIализе. Рокъобги кIвараб жо малъула.

Лъимал гIисин ругелъул къойил 10 минуталъ исламиял мультиказухъ телефоналдасан ралагьизе тола.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

ХIурматиял газета цIалулел! ХатIалъуларев инсан вукIунарелъул, бокьилаан газеталда ккараб гъалатI нижеда лъазабуни. Газеталда рорхизе бокьарал суалал, макъалаби, пикраби ратани гьаб 7 988 458 16 63 номералде ахIизе ва хъвазе бегьула.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...